![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() |
|||||||||||
![]() |
|||||||||||
![]() |
|||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() |
|||||||||
Акнадаса пачалихъалъул вакилГIалиев Багьавудин вуго чIухIи гьечIев, гIамал-хасият берцинав, жинс-мухъги рекъарав, гIадатияв инсан. Сириялда бугеб РФялъул посольствоялда хIалтIулев гьесул тIадегIанаб гIаданлъиялъул бицунеб гIемер рагIун букIана, хасго гьеб улкаялдасахун хIежалде унел -рачIунел нилъер ракьцояз. Гьал къоязда Багьавудин вачIун вукIана "ХIакъикъаталъул" редакциялде ва нижее рес щвана гIарабиязул улкабиги, гьенир ругел Дагъистаналдаса наслабазул гIадамалги, гьезул гIумруги лъикI лъалев Багьавудинилгун гара-чIвари гьабизе. ![]() id:200655002106 Багьавудинил гIумруялъул буго 46 сон. Гьавун ва гIун вуго ЦIумада районалъул Акнада гIемерал соназ росдал Советалъеги колхозалъеги нухмалъи гьабурав ва ахиралдаги Гъизилюрт районалъул гIатIиракьалда ЦIиябАкнада росдае кьучI лъуразул цоявлъун кколев ГIалиев Расулил кIудияб хъизамалда. КIудияб букIаниги хъизан букIун бугог щулияб гIадлу-низам бугеб. Багьавудин вохун вуго жакъа жиндир кIиго тIулалъул вацги ункъо яцги рукIиналдаса. Инсанасе бищунго бечедаб къиматаб хазина ккола гIадамал. Рецц Аллагьасе, гьел жинда сверухъ ругилан абуна Багьавудиница. Цояв вац КъурамухIамад рагIула ДРялъул мустахIикъав экономист, цогидав ГIумахан - предпринимателъ. Балагьараб мехалда Багьавудинида, хъизам хьараб бугониги ва эмен хIакимчи вугониги, гIумруялъулъ гогьдари бихьун гьечIо. Унго-унгояб тарбия шун буго гьесдасанги ва эбел Асиятидасанги. ИчIго класс гьес лъугIизабун буго Акнада росдал гьоркьохъеб школалда ва анцIабилелда цIалун вуго Иваново шагьаралъул школа-интернаталда. Гьеб лъугIарабго ахIун вуго советияб армиялде. ГIумруялъул лъикIаб лъадари щванила Балтиялъул флоталда хъулухъ гьабулаго, щванила радиотелеграфистасул махщелги ва рокъове виччанила кIиабилеб статьялъул старшинаясул чингунилан разиго ракIачде щвезабуна гьес. Хадув Багьавудин хIалтIун вуго МахIачхъалаялъул цIорол кIкIор гьабулеб заводалда, аппарат хIалтIизабулев чилъун. Ва 1976 соналда тIубана гьесул анищ, цIализе лъугьана Москваялъул Ломоносовасул цIаралда бугеб университеталда цебе бугеб Азиялъул ва Африкаялъул улкабазул институталъул гIараб мацIалъул отделениялде. ХIакъаб жо, бигьаго букIинчIо Дагьистаналдаса гIадатияв гIолиласе улка тун къватIибехунги машгьураб гьеб цIалул заведениялде нух бахъизе. Амма гьесухъа гьеб бажарана. Институталдаги Багьавудин вукIана лъикIав студентлъун. 1980 сонадда Москваялда тIоритIарал XXII - абилеб Олимпиялъул хIаязда гIараб мацIалъул таржама гьабиялъулъ бихьизабураб лъаялъеги жигарчилъиялъеги гIоло Багьавудин Палиевасе ВЛКСМалъул ЦКялъ ва Олимпиадаялъул гIуцIиялъул комитеталъ кьуна Баркалаялъул кагьатги. 1985-1991 соназда Б. Палиев хIалтIана улкаялъул КъватIисел улкабазулгунисел ишазул министерствоялда. 1992-1995 соназда хIалтIана ДРялъул къватIисеб экономикияб хIаракатчилъиялъул рахъалъ Пачалихъияб комитеталъул бетIерав специалистлъун ва ДРялъул Миллияб политикаялъул, информациялъул, къватIисел бухьеназул министерствоялъул халкъазда гьоркьосеб отделалъул заведующийлъун. 1995 соналда Б. ГIалиев цIидасан вачана КъватIисел улкабазулгунисел ишазул министерствоялде. Гьев хIалтIана Сириялъул Параб Республикаялда СССРалъул, хадуб Россиялъул посольствоялъул атташелгун, посольствоялъул лъабабилев, кIиабилев ва тIоцевесев секретарьлъун хъулухъалъул болъодул хIокIач гьедий-иргаялда нахъа теялъ нугIлъи гьабула Акнадаса дипломатасул бажариялъеги ва нилъер гIадаб кIудияб улкаялъул бусурбабазул пачалихъалда кинабго рахъалъ вакиллъи тIубазабизе бугеб лъаялъеги бичIчIи буголъиялъеги. Дагьаб цебегIанин абуни Багьавудин ГIалиевасда божилъи гьабун буго Ливия Республикаялда Россиялъул консуласул хъулухъ тIубазе. 1992 соналдаса нахъе Б. ГIалиев ккола Дагьистаналдаса ватIанцоязул ТIолгодунялалъул ассоциациялъул членлъунги. Гьесда кIола ГIагараб ва Гьоркьохъеб Бакъбаккул улкабазда ругел дагьистаниязда хурхараб бокьараб сулаалъе жаваб кьезе. ГьабсагIаталда Багьавудин хIадурлъулев вуго Россиялъул Пелмабазул Академиялъул ДНЦялъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталда тарихиял гIелмабазул кандидатасул цIаралъе гIоло "ГIагараб ва Гьоркьохъеб Бакъбаккул улкабазда Северияб Кавказалъул наслаби: тарих ва жакъасел лъугьабахъинал" абураб темаялда диссертация цIунизе. Багьавудии ва гьесул гIумруялъул гьудул Фатима рохун руго жидедаго релълъараб наслуги гIолеб букIинадцаса. Гьезул йиго лъабго яс ва цо вас. Лъабайго яс цIалулей йиго Дагьистаналъул тIадегIанал цIалул заведениязда. ГарачIвариялъул байбихьуда Багьавудиница рахIатхун бицана жив цIалулеб заманалда школалда рахьдал мацI малъулеб букIинчIила, гIумруялъул гIемераб заманги гIагараб Дагьистан тун къватIибехун тIамулеб бугилан, гьединлъидал магIарул мацIалъе лъикIав гьечIилан, Нижеца гIурус мацIалда кIалъазеги бегьилилан абураб мехалда, бетIер кIобокIана ва сагIатгIан мехалда хабар бицунагоги, журналистазул суалазе жавабал кьолагоги цо гIурус рагIи жубазабичIо рахьдалалда гъорлъе. Къуръанги цIаларав, гIадатияв бусурбанчи вукIани гурони, жив батIаго гIелму бугев чи гурилан абуна Багьавудиница, амма хабаркIал байбихьизегIан гьес "ХIакъикъаталъул" бетIерав редакторасе тIоцебе кьуна: "Диниял газетазулгун кинал гьоркьорлъаби ругелан - абураб суал ва гьев разилъанилан ккана диниял газетаз, тIадехунисан жинда кигIан бадирчIваял гьаруниги, "ХIакъикъаталъул" базаялдасан бахъанин гIумруялде нух абун бицараб мехалда. ГьабсагIаталда Дагъистаналъул наслабазул чан чи вугев Сириялда гIумру гьабулев?, - абураб суалалъе жаваб кьолаго Багьавудиница бицана, микьа-заргогIанасев чи вугилан. Гьездасан кIиазаргогIанасев чи кколила магIарул къавмалъул. МацIалъул хIакъалъулъ абуни, гIемерисезда гьеб лъаларила. Гьелгониял магIарулазул цо хъизамалда гурони бицунарила магIарул мацI. Гьеб ккола ТIиндиса наслуялъул Сакинатил ва гьелъул рос, Хважалмахьиялдаса умумузул чи Сайфулагьил хъизам. МацI лъалел дагьлъулел ругила, ригьнал журалел ругила, Северияб кавказалъулаз цере, аслияб къагIидаялъ ригьнал гьарулел рукIун ругила жидедаго гьоркьор ва гьанже гьарулел ругила гIарабазулгунгиян бицана дипломатас. ГIалимазул, диниял церехъабазул бицунаго дагьистаниязда гьоркьосан бищунго цIикIкIун лъил цIар рехсолеб Сириялда? Дицаго абилаан Гумбет районалъул Аргьваниса ГIабдуллагь шайихасулилан абуна гьес. Биценалда рекъон гьев вукIун вуго гъваридав гIалим, жакъасебги букIинесебги бичIчIулев, лъалев чи. ГIабдулагьил гIемерал муридал рукIун руго Азиялъул, Афри'каялъул ва Европаялъул улкабазда. Гьев хун вуго 1976 соналда, вукъун вуго Дамаскалда жинцаго кьучI лъураб мажгиталъул мавзолеялда ва жакъа гьеб сверун буго дунялалъул гIемерал улкабаздаса бусурбаби рачIунеб кIудияб зияраталде. Гъваридаб, гьайбатаб лъалкI нахъа тун буго Сириялда магIарулав, шайих ГIабдурахIман Дагъистанияс. Гьес нахъе тун руго исламияб философиялъул гIемерал гIелмиял асарал, лъебергогIанасеб соналъ ГIабдурахIман Дагьистанияс имамлъи гьабун буго Дамаскалъул "Аль-Укейбе" мажгиталъе. Къокъго абуни, цереги гьанжеги машгьурал дагьистаниял Сириялда, Иорданиялда I Iемерал руго. Дица гьединазул хIакъалъулъ къокъал баяналгун сияхI кьела "ХIакъикъаталда" бахъизе ва ракIалде ккола магIарулаз гьезулгун гьираялда лIьайхъвай гьабилилан. - Сириялда хIурмат гьабула ХIоцоса Нажмудинил, гьенир цIунун руго гьес тIарикъаталъул хIакъалъулъ хъваралги цогидалги асарал ва гIарабияз гьезие тIадегIанаб къиматги кьола. Багьавудин, бицуна бусурбабазул улкабаздаса машгьурал гIадамаз нилъер Дагъистан рикIкIунила, цере кигIан захIматал шартIал рукIаниги ислам лъикI цIунун хутIараб бакIлъун. БитIараб буго, абула гьедин. Сириялъул ТIадегIанав муфти дунялалъулго даражаялда машгьурлъи бугев АхIмад Картари щвана Дагьистаналде. Гьес диргун цIакъ лъикIал гьоркьор лъаби гьаруна, бетIерги кIибикIун гIажаиблъи гьабун бицана гIемерал диниял къиматал тIахьал ругила Дагъистаналда цIунун хутIун, гьединго динги лъикIаб даражаялда бугилан. Щибаб рузман къоялъ АхIмадица вагIза гьабула анлъго тIалаялъул, телевизоралги жанир лъураб жинцаго бараб цIар рагIараб мажгиталда. Кидаго гIадин дунги ахIулаан гьес жиндаго аскIов'. чIезе ва щибаб вагIзаялда цо-цо лъикIаб мисал бачунаан нилъерго Дагьистаналъул бусурбабазул гIумруялдасан. Цо мисал: мажгиталде дагьал кватIун гIолохъаби жанире лъугьараб мехалда АхIмадица абуна, Дагъистаналда нуж гIадал кIиго-лъабго сагIаталъ цудунго рачIун рукIуна рузман базе хIадурлъулелан. Иорданиялдаги таманалго хъизамал ратила Дагьистаналъул наслабазул? Иорданиялда вуго Дагьистаналъул наслабазул анлънусгогIанасев чи. Северияб Кавказалъулин абуни анцIазарго чи. Падамал руго лъикIал, бажари бугел, амма гьенирги магIарул мацI лъалел лъугIулел руго. Багьавудин, гIенеккараб мехалда гьабсагIаталда гIемерал гIолилал руго Сириялда цIалулел, бахчун щай, гьезул хIакъалъулъ харбал батIибатIиял руго. Сириялъул анлъго цIалул заведениялда Дагъистаналдаса цIалулев вуго 350 чи. Къокъидаго абила, гьезул 40 гIанасеб процент буго жидер мурад динияб лъай боси бугел, хутIаралин абуни Сириялде рачIун руго армиялдаса хвасарлъи ва цогидалги хасал мурадалгун, гьез гьарула гъалмагъирги, цогидал рекъечIел ишалги.Дица гьел киналго данде ахIун рукIана гIамал хасияталдаги. хьвада-чIвадиялдаги тIасан гара-чIвари ва малъал-хъваял гьаризе, ай хIадур гьабун букIана гьезие цIализе тIубараб лекция, амма пайда щиб, 200 гIанасев гурони чи вачIинчIо, аслияб къагIидаялъ гьелги рукIана лъикIал мурадазул гIолилал. Такрарлъулел руго нилъераз жидеца гIу.мру гьабулеб пачалихъалъул законазда тIасан галаби тIамизе къасдал гьариялъул хIужабиги. Гьединазул хIакъалъулъ эбелинсуда лъазабураб мехалда гьел цIикIкIун лъималазда божулел руго. Дагъистаналдаса исламияб гIелму цIализе къватIисел пачалихъазде унел гIолилал цIалкIинисан ханжу гIадин риччан, унго-унгояб куцалда тIаса рищизе хIажат буго. Кинаб пикру букIунеб дур нилъер хIажизабазул хIакъалъулъ? ГIаммаб къагIидаялъ квешаб пикру букIунаро. Ункъого, ункъоялда анцIго процент, Сириялдасан унел- рачIунезул, дир пикруялда, аслияб масъала букIунеб батила намус бацIцIадго хIеж борхи. Амма хутIаразул анищги масъалаги букIунеб батила даран гьаби. Дун дандчIвалаан гьел унагоги рачIунагоги, гьабулаан гьезие хIажатаб кумекги. Амма битIахъе бицани рахIат хвезабулаан гьез Сирия лъул законал сан гьарунгутIиялъ, доба цIар ун буго гьезул "чакаралъул гьа цIул" ва Дагъистаналъул цIар бахъа рабго гьез "чакрил гьоцIоян" рагIаби I рехула нилъеразде. Нилъеразул маши набаздаги кодорги рукIуна цадахъI росизеги ричизеги гьукъарал жал, низам букIунаро документазул, паспорт тазда чIван ратула чияр суратал, жидееI битIараб, законияб бадибчIвай гьабуниI данде рахъуна таможеннияздаги полициялдаги, къасдал гьарула лъутун.I дагIбадун рорчIизе. Мисалалъе, цоI соналда дииа хвасар гьавуна тамихIалдеI цIалев вукIарав нусго, тIад уголовниябI дело гьабулев вукIарав къого чи. Гьайгьай, расниги бигьаги букIинищха гьединал гIадамал цIунизе? Бигьалъи-захIмалъиялъул бицинароан, гьумер багIарлъулаан гIарабияздаI цебе гьезие гIоло, тIадежоялъеги гьебI буго улкаялдаго дангъва лъезабулеоI гIадаб иш. Багьавудин, баркала, гара-чIвариялъухъ. Гара-чIвари гьабуна М. СААДУЕВА. "ХIакъикъат" 9 август 2001г. |
|
||||||||||
|