![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Авторасул хадурагIиГIусман МухIамадов ЦIумада район Инхокъвари росуЩибаб росу цIилъизе, халкъалъул гIумруги, яшавги, гьудуллъиги лъикIлъизе ккола. Росабалъ бегавул вукIине ккола вацIцIадав, хIалтIул гIуцIарухъанги ва пачалихъалъул законал хIалкъалда ричIчIизаризе лъайги бажариги бугев, магIишаталъул бетIерасул тIадал ишалги лъалев, гIакълу бугев росдал халкъ жиндиралдаги чидаралдаги бикьулорев чи.Имамги вукIине ккола гIелмуги лъикI лъалев, хIукуматалъул хIалтIиги бичIчIулев, шаригIаталъул битIараб нухде халкъ ахIизеги бажарулев, живгоги вацIцIадав чи. Имам Шамилица Калугаялдаса ругьел битIун буго: «Абе дир ракьцоязда, Дагъистаналъул бетIерлъун вацIцIадав чи теян» гьединавго бетIер росабалъги хIажат вуго. Ахиралда абизе бокьун буго жиндиего бокьулареб цогидасе гьабуге, цоцалъ гьуинлъи цIуне ритIухъаллъун рукIун росдал бетIерасеги имамасеги гьезул лъикIал хIалтIабазулъ квер-бакъи гьабе. Пачалихъалъ рахъарал законалги тIуразаре. ТIадехун рехсараб ахIвал-хIал цIиял тIасиязул гIайибалдалъун гIемерисел росабалъ ккун букIиналдалъун дица цо-цо бакIалда зани бегизабулеб бугилан абулездаги дун рекъоларо. Лъаларо гIакъилзабаз шиб дида абулебги, гIенеккила гьездаги. |
|
||||||||||
|