![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Иман бугел васаз гIакълу босилаГIусман МухIамадов
ГIазу дида балеб хасел шун буго,
ЦIорона дий дунял дун херлъун вуго Дир гIумруялъ гьалмагъ нахъе тун руго Доб иххгун рииги хасалихълъиги. РитIухълъи лъукъараб гIадлу рекълъараб, БитIарал рихараб швана заманги ХъантIарал гIемерлъун гIаданлъи ана Зулмуялъ язихълъи цIикIинабуна. ГIабдаласда гIакъил лъазе рес гьечIо. ГIакъилавлъун гIабдал вукIунарелъун. Шагьаразда цIалдон хIалалго хIалтIун Херлъарав кIудада гIабдал вукIуниш? Божигун хIалтIарав инсуй гьабураб. Хвелалде васасда бицунеб гIадат Иман бугел васаз гIакълу босила ХIалихьатал чагIи рикIкIад гьарила. Дир гIумру херлъана росдай лъикIлъиян Жалго хириязда гьебги бичIчIичIо Дун вичIчIулелги хун пашман вуго дун Лъимал рикIкIад рукIун къварид вуго дун Божула лъималаз дида гIенекун Хвелелде рази гьез дун гьавиялда Бокьила лъиего тIубараб гIакълу ГIадлу-лъай цIикIарав цевехъан тезе |
|
||||||||||
|