![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ХIелоге нуж, лъикIал, Аллагь гуресеГIусман МухIамадов Инхокъвари росу Газета Нурул ислам 2001г.
РитIухълъи, бащалъи тIолгоязеян
Къеркъарав дир течIо тIубазе мурад. Хиянатал бергьун хутIана рекIелъ Дирго росдайниги хIалтIун течIолъи. Хъублъаразул цIуна тах сверухъ бакIал, БегьичIо дие гьел «реформаторал», Улка шушахъ биххун халкъ мискин гьабун, Хъамалчилъи гьабун жал бечелъарал. РакI бухIулеб буго росоцоязда, Росолъ рес гьечIого къватIир щущалел, Пасикълъи цIикIкIине, жалго хъублъизе Къадараз гуккарал гъаримзабазда ХIарамлъи цIикIкIарал хIакимзабиги Дидаса хIинкъана-гьезда рекъечIев. Законгун шаригIат цIунун вагъарав ВокьичIо гьезие инхокъварисев ХIежалдейин абун дарамалъ хьвадун ЦIакъавлъунги хIачIо бидгIаяв гьабун Экраналда ваккун бацIцIадаб бицун, Бикъунев чиновник релъуна гьезда. История хъвалел иман цIикIкIараз Кида хъванги хъвала гьазул бецIаб рахъ Къураналъ какараб гьеб мунафикълъи РикIкIад гьабе дуца,дир диналъул вац. БатIулалда мал бан хIакъаб бокьиялъ ХIарамаб магIишат хиралъаразул Тушманлъун вахъиги дир чIухIи буго ХIелоге нуж,лъикIал, Аллагь гуресе! |
|
||||||||||
|