![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ЗаманаБитIарав чи рикIкIад гьавураб
ХIакимлъун хIалихьат цIунарав ТIасиязул гьудул нич гьечIес Халкъ гукулеб швана замана. ТIадгIанас вацIцIадав цIунараб ГIорцIи гьечIезда борохь бараб Гьезул цIогьаб чидай хутIараб Гьебги швела гьазий замана. ГIарцухъ хъулухъалги росунеб «Баркалахъ» намусги бичунеб ШаригIатгун закон нахъ чIвараб Бокьила тIагIине замана ХитIабалъе жаваб кьолареб ГIадатияб халкъ рехун тараб Хьул буго лъугIина замана Гьал тIадчагIиян абулезул. Росабалъ гIадлу гьечIолъиялъ Халкъ буго хъарцинлъиялда ГIакъилав бегавул гьечIого ЖамгIият буго тохго унтун . РекIкIгун хIакимзаби рахъарал Гьал хиянатал хъулухъчагIи Тоге гIадатияб халкъ хахун Аллагь гьабе гьазии кьогIаб суд. *** Къварилъи бицунаго ракIал чучун хIалхьизе Кумек гьарулаго хIалал хьвадун рохизе, Жанисанго рацIцIадал балъголъи жиделъ гьечIел, ТIад чагIи ратулареб гьабго кинаб замана БитIарал ругин ккола мухбирасул рагIаби: «Милиция ци буго, цогъронир гIункIал руго Прокуроран барс буго, гIияда бацIал руго Гьезда рагIи абулев гIабдал толеб заман»-ян |
|
||||||||||
|