![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
«Дун хъулухъалда хадув лъугьунаро, гьелъ дун валагьула»ХIажи Сайпуев «ХIакъикъат», I8 февраль 20I0, №6Нилъер гIезегIан ракьцояз гIумру гьабулеб буго республика бахун къватIиб, Россиялъул батIи-батIиял регионазда. Гьединазул цояв ккола къогоялдасаги цIикIкIун соналъ Сахалин чIинкIиллъиялда гIумру гьабун вугев ЦIумада районалъул Агъвали росулъа МухIамад МухIамадов. ЦIумада районалъул Агъвали росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, кIудияб гIумруялде галаби лъолаго МухIамадица хIукму гьабуна цин ВатIаналда цебе тIадаб налъи тIубазабизе. «Гьеб буго гIумрудул болъодул тIоцебесеб хIокI, гьелда божилъигун хIетIе лъеялда бараб букIина дир букIинесебги», - ян пикрабигун ана МухIамад армиялде. Рагъулаб хъулухъ гьабизе ккана Сахалин чIинкIиллъиялде. Армиялдаса вачIиндал росулъ гIемераб заман бачIо МухIамадица. Эбел-инсуе бокьун букIана вас учительлъунги цIалун, эменго гIадин гIагараб росдал школалда хIалтIизе. Амма МухIамадил ракIцIалеб букIана Сахалиналде. Цо къоялъ МухIамадица эбел-инсуе жиндирго анищазул бицана. Эбел Узлипат росасул бадие ялагьун хутIана. Инсуца лъадиялъул мугъалда недегьго кверги лъун, «виччанте ине, нилъее аслияб жо буго гьесул талихI. Кив вугониги инсанасда кIочене бегьуларо жив киса, щив кколевали. Жив вижараб, гIураб росуракь, миллат кIочарав чи чилъун рикIкIунаро магIарулаз. Гьелдаса цIунагиян Аллагьасдаги гьарун, вас нухда лъе, Узлипат», - иланги абун эмен къватIивехун ана. ![]() id:144014096456 - Дир анищ букIана юристасул ва экономистасул лъай босизе, - ян абуна МухIамад МухIамадовас. - Амма киданиги ракIалда букIинчIо школа лъугIарабго тIадегIанаб цIалул заведениялде цIализе лъугьине. Юристасул лъайги щун прокурорлъун яги судьялъун вахъинеян пикруги гьабичIо. Дир анищги, мурадги, гьабулеб пикруги букIана щивлъун вахъаниги гIадамазе пайдаявлъун, гьезие кумек щолеб хъулухъалда хIалтIизе. ТIадегIанаб заведениялда цIализе инелде дица дирго хIалбихьана. Кинаб хIалтIи бажарулеб, рекIееги къабуллъулеб, черхалъги тIалаб гьабулебали лъазе хIалтIана батIи-батIиял хIалтIабазда. Сахалиналде вачIун лъабго соналдаса Дальний Востокалъул пачалихъалъулаб университеталъул юридикияб факультеталде цIализеги лъугьана. Университет лъугIун хадув МухIамад хIалтIизе лъугьана Корсаково шагьаралъул администрациялде. Анлъго сон бана гьес гьениб, МухIамадида бичIчIана жиндие гьениб бакI къваридаб букIин. Гьеб пикругун гьес байбихьана жиндирго хасаб ишалде, гIуцIана чIегIернартил ва газалъул трубаби лъеялъул ва къачIаялъул компания. Къокъабго заманалда цебетIуна МухIамад МухIамадовас нухмалъи гьабулеб «Сахалин Трубопроводстрой» компания ва гьеб Россиялдаго машгьурлъана Россиялъул ва къватIисел улкабазул чIахIиял компаниязда гьоркьоб Хабаровск краялда Виданово-Де-Кастри трубабазул мухъ лъезе тIобитIараб конкурсалда бергьараб мехалда. Гьеб хъулухъалда вукIаго МухIамадица лъугIизабуна Россиялъул ХIукуматалда цебе бугеб Халкъияб магIишаталъул академиялъул экономикияб факультет: эркенго кIалъала ингилис мацIалда, гьелда гIей гьабичIого МухIамадида ракIалда буго гьеб мацIалъул хъваялъул рахъ борхизабизеги. «Гьелъие гIоло бокьун буго кватIичIого къватIисел пачалихъазул мацIал лъазаризе рес кьолеб цIалул идараялдеги лъугьине», ян бицана гьес. Школалда цIалулеб мехалъго бокьулаан МухIамадие спорт. Хьвадулев вукIана волейболалъул секциялде. ЦIумада районалъул гIолилазул волейболалъул командаялда гьоркьов гьев лъикIаздаса цоявлъун рикIкIунаан. Сахалиналдаги гьелде бугеб рокьи тIагIине течIо М. МухIамадовас. Эркенаб заман щварабго спортзалалде торгIо хIазе хьвадулаан. Гьединлъидалги батила, Сахалиналда спорт цебетIеялъе гьес гIемераб хIалтIи гьабуна. Гьесул компания «Сахалиналъул меседилаб хасалихълъи» ккола щибаб соналъ регионазда гьоркьоб тIобитIулеб волейболалъул турниралъул спонсорлъун. Лъабго соналъ цеве МухIамад вищана Сахалин областалъул волейболалъул федерациялъул президентлъунги. Гьединабго кумек гьабула гьес ЦIумада районалъеги. Араб соналъул август моцIалда 300 азарго гъурущги харж гьабун Агъвалиб районазда гьоркьосеб волейболалъул турнир тIобитIана. Гьесда ракIалда буго исанаги гьединалго тадбирал тIоритIизе. ![]() id:2908 Араб соналъул ахиралда къватIисеб пачалихъалъул компаниялъ чанго предложение бачIун букIана «Сахалин Трубопроводстрой» компаниялде кIудиял проектазда тIад хIалтIизе. Гьелда тIад ургъизе течIого, Сахалин областалъул нухмалъулез гьарана областалъул хIукуматалда цебе бугеб спорталъул цIияб гIуцIиялъе нухмалъи гьабеян. - Регионалъул нухмалъулелги гIахьал гьарун Казаналда букIараб ТIолгороссиялъул форумалда Россиялъул президент Д. Медведевас, комитетазул бакIазда агентствабиги гIуцIун, бакIазда спорт цебетIезабизе ккелин суал цебе лъурабго дида бичIчIана гьеб гIуцIиялъе нухмалъи гьабизе бажарулев, цIицIиял къагIидаби ратизарун, областалда спорт, туризм ва гIолохъабазда гьоркьоб гьабулеб хIалтIи цебетIезабизе кIолев гIуцIарухъан МухIамад МухIамадов вукIин. Дун гьесда тIадчIана ва бичIчIизабуна, гьелъие инкар гьабизе рес гьечIеблъи», ян бицана Сахалин областалъул губернатор А.В. Хорошавиница. Нилъер ракьцояв гьаб соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе хIалтIулев вуго Сахалин областалъул спорталъул, туризмалъул ва гIолохъабазул политикаялъул агентствоялъул нухмалъулевлъун. - МухIамад, политикаялде гъорлъе лъугьинеги бизнес рехун тезеги ракIалда гьечIин абун букIана дуца 5-6 моцIалъ цебе. Щиб ккараб, щай рагIуе хисарав? - Дир планал батIиял рукIана. РакIалда букIана къватIисел улкабазул компаниялгун хIалтIизе, Оксфордалъул университеталде цIализе ине, цогидалги хIалтIаби гьаризе. Амма дица гьеб иш тIаде босизе кколинги абун, гIадамал аскIоре рачIараб мехалда, кигIанго бокьичIониги, инкар гьабизе кIвечIо. Дица дирго планаздасаги инкар гьабун гьечIо, амма гьабсагIаталда диде гьабураб божилъиялъе ритIухълъиги цIунун хIалтIизе вуго. - Сахалиналда кин бугеб коррупциялъул иш? Дагъистаналда гIадин гьенирги хъулухъал ричунищ росулел? - Коррупциялъул рахъалъ хIалуцараб ахIвалхIал гьечIо. ХIалтIи бокьулел, захIматалдаса хIинкъуларел, бажари бугел гIолохъаби лъикIалъикIал хъулухъаздеги тIамун, гьезул къуваталдалъун цебетIезабулеб буго область. Мун божа, дицаги киданиги, кив хIалтIаниги хъулухъ бичун босичIо. Дун хъулухъалда хадув лъугьинчIо, дун хъулухъалъ валагьана. Дица гьебги, дирго къуват гуреб, Аллагьас хъвараб къисмат бугин рикIкIуна. - Дида рагIана дуца Москваялде «горду рагьун» бугилан. Пачалихъияб Думаялде рагьараб гордугIаги гуребищ гьеб? - Кинабго къуватги, гьунарги, бажариги кьун Москваялда федералияб даражаялъул чиновниклъун вахъинеян цебе лъураб масъала дир гьечIо. Гьединго, дун къеркьечIо Сахалиналъул областалъул нухмалъулезул кьеразулъе лъугьинеги. Гьединлъидал, Аллагьас хъван батани, Москваялдаги батизе рес буго дие рикъзи. - Политикаялде гъорлъе лъугьарав дур гьанже заман букIинаро цебе гIадин ракьцоязухъе щвезе, гьезие кумек гьабизе? ![]() id:126 -Гьенир руго дир эбелэмен, гIагарлъи, дие лъайтарбия кьурал учительзаби, цадахъ цIалулел рукIарал гIолохъаби, дун гьавурав ва гIураб росу. Гьеб кинабго ккола дир ракIалъул гьениб хутIараб бащалъи. Гьединлъидал, дун ракIалъ гьениве цIачIого, вачинчIого толаро. - Доба рикIкIада, «дунялалъул рагIалда» ва жакъа дурго гIагараб росулъ гьарулел пикраби батIи-батIиял рукIунел ратила? - Ургъизе жо гIемераб буго. Амма добаги гьанибги данде кколеб ва дица цIикIкIун гьабулеб пикру буго гьабсагIаталда Дагъистаналда лъугьун бугеб ахIвалхIал. Ургъел буго гIун бачIунеб гIелалъул, гьезда кIочонел умумузул бахIарчиял ишазул, гьезул гIадамазулгун гIаданлъиялъул, гIарцуе гIоло гьез бичулеб яхIнамусалъул. Аллагьас нилъее къуват кьеги гьелдаса рорчIизе. - Лъималазда, магIарул абиларо, рахьдал мацI лъалебищ? Москваялда гIумру гьабулев, гIурусай ячарав цо магIаруласул лъималазул; цояс ислам, цогидас насранияб дин босун буго. Дуразул гьеб рахъ кин бугеб? - ШаргIалъ гьукъун гьечIо гIурусай лъадилъун ячине. Амма бихьизабулеб буго мунго бусурбанавлъун хутIизе къваригIун батани, лъимал исламияб диналда куцазе кколилан. Гьединлъидал, дица лъималазе кьолеб тарбия шаргIалдаса кьуричIеб буго. Васасда магIарул мацIги лъала, гьев мажгиталдеги хьвадула. Ясалъе магIарул мацI бицине захIмалъула, амма нижер агъвалисезул мацI бицуна. Дидасаги дир чIужуялъ цIикIкIун тIалаб гьабула гьездаса магIарул гIадатал цIуни ва гьезда рекъон хьвадизе. |
|
||||||||||
|