![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Унге мугIрул тунСпецкор Цумад.Ру сайталъул цIияб Сасикь росулъ АхIмеднабиев СайгидахIмед
Унго, магIарулал нужер хиялаз,
Хаган ватула дун цо-цо мехалда. Паракъалъи гIурал гIадамал рихьун, ГIажаиблъун гьезухъ валагьун вуго. Нужей бихьуларищ, чIанда чагIаца, ЧIвалеб бугеб малакь магIарул гIадат? ГIагараб ракьалда рокьи тIагIарал, ТIаде гIолел гIелал гIемерлъун рукIин? Рахьдал мацI кIочарал, чунтби понцIорал, ЧамгIаллъи гIемерал гIагарлъун рукIин. Жиндир тIомол гуреб , тIокIаб жоялъул, Ургъел гьабуларел, гьарзалъун рукIин. МагIарул гIадамаз гIагараб рештIен, ГIатIиракьал рокьун кьололеб букIин. Кьварарал васаца жидерго руссен, ЛъарагI-байдабазухъ хисулеб букIин. Гьениб чед гIечIого, гIорцIи лъачIого, ГIодоб авлахъалъухъ урхъун лъаларо. Кьолбол авалги тун, аб гьаваги тун, Гьанисан щвезе жо бугин кколаро. Унго, тIагIинадай тIадмагIаруллъи, ТIабигIат берцинаб, мугIрузул тIалъи. ХутIиладай занал, зодихъ ралагьун, Ниж рехун тогеян гьарулел гIадин. ТIадмагIарухъ ракьал рекьулел гьечIо, Ракьул къимат лъалел дагьлъулел руго. ЛъикIалщинал рищун гочунел руго, Росаби дагь-дагьккун чIунтулел руго. Риххун кулал руго, рехун мегъ буго. Магъилъан ахIулеб кечI рагIуларо. Харил хIама цIолев чи вихьуларо, Чода рекIун унев вас данлъуларо. КъанагIалъун йиго харил магьги цIун, Хурисан ячIуней магIарул гIадан. Мугъзада кинигун, кодоб лъимергун, Колода хьвадулей росасул чIужу. МагIил гIоралги тIун гIодула дир ракI, ГIадамал дагьлъараб росдахъ балагьун. Жаниб пуруц хъвачIел хурзахъ балагьун. ЧIвадазда руссарал кулахъ балагьун. МугIрул цIун рукIарал гIиял кир арал? ГIачи-бачаз цIурал мучIдул кир арал? Бакълъазда беричал ахал кир арал? Ахакьа хIанчIазул бакънал кир арал? Лъаразда гьарурал гьабал кир арал? Гьабихъе хенолеб тIощел киб араб? ТIохда тIибитIараб чIар кибе араб? ЧIалда мохмохалъул нах кибе араб? «Нилъее умумуз ирсалъе тараб, ИяхIги намусги», гьеб кибе араб? Гьудул-гьалмагъасде къо ккараб къоялъ, КъватIире рахъунеб гIадат киб араб? Оцаз хурги бекьун, хIалухъиналъул, ХIамида гьир къалев Къедисев киве? Къали хьалеб хуриб, гохI ракулги бан, БачIин бакIарулев Багвалав киве? Риидал магIарда гIачиги хьихьун, Хьагахъе рахь тIолел ТIиндисел кире, ТIогьол бакълъабазде гIиялги речIчIун, ХIанил кеп босулел Сасикьел кире? Куракалъул ахалъ бачIин кьелилан, Гьелда божун чIчIарал ЧIамалал кире? Росда нахъа ругел хурзалги рекьун, Гьелъ бетIер бахъарал Хъварщисел кире? Бахьинал гIиязул журайги гьабун, МагIарде вуссунев Сильдисев киве? БугIа- ролъул гьирал гьороги сокIкIун, Гьелъ ракъи гьукъарав Гьакъосев киве? Рехе гочаразда гIайиб батани, ГIемеразда гьоркьоб гьеб дирги буго. Гьедарун щибизе щивасул буго, Щибаб килищ рикIкIун гъалатIал руго. Щибулел нилъ гьанир чияр ракьалде? Чахьал гIорцIиялъе чед щвечIогунищ? ЦIумазул роль хIалел хIанчIазде гьоркьор, ХIули чияр гъурал гъудузде гьоркьор. Гьанир рачIаралъухъ щиб нилъей щвараб? МагIарул гьогьенищ? Гьекъолеб лъимищ? «Мага» «Гулябазул» гурулъ ккелилан, Дурго лъималазда бугеб хIинкъийищ? Тушман вихьулареб, рохьазда рагъищ? Рагъ гьечIелъур чIвалел гIолохъабийищ? ГIарцухъ хъулухъ щвезе, дандиялги чIван, Думаялде жидей нух бахъунелищ? Нилъер мацI бицунел саяхъ хьвадулел, Авал сверун ругел саунабийищ? ЦIалул идарабаз экзаменазухъ, Эркенго босулеб дадал гIарацищ? Сордо-къо лъачIого рестораназде, Рокъоб нух лъалареб, къосараб къавмищ? ЛъикIаб адабалъул асар лъугIарал, ГIаданлъи кIочарал гьал гIоркьилалищ? Херазул рукъзабахъ умумулги кьун, Гьезул малалдасан кеп босулелищ? ЧIара-рокъой тарал, эмен лъаларел, Лъималазул гIоди рагIизеянищ? Нахъасан балагьун бихьинал цIуял, БатIа рахъунареб ратIлил формайищ? Патя Зуляйилан, Шома Ханчикин, Цоцазде ахIулел нилъер цIаралищ? Васасул кинидахъ кечI ахIуларей, Керенги диргъарай дур цIияй нусищ? ДахIададал мацIалъ кIалъазе лъачIел, Росулъ рачIунарел дур гьитIичалищ? Бидул тIаде цуялъ гIажизлъизарун, ГIолохъанго щолеб «инвалидлъийищ»? ГIарцул гурони мацI жидей лъаларел, Рихьдае хIалтIулел хIакимзабийищ? Чохьой хинкIил гуреб хабар лъалареб, Хирияб мацIалда цIали лъалареб, ЧIужу йичаризе базаралде лъун, Бихьиназ кIалалъ бакI кверде босараб. Абила, рорхатал ригьзалги ранин, РекIизе чIухIараб машинги щванин. Нилъ рекIизе ругеб цIулал «чуялъул», Чанго натI хамилги хиял гьабунищ? Кьварараб мугIрул ракь бокьун пайда щиб, Бокьараб ккайилан тезе кканин мун. Ургъелазул гьираз гьинал ракIги цIун, Гьавураб ракьалде рокьиги цIунун. Суалал, суалал, жаваб щоларел, Жакъа дица ракI чIун абулеб буго: Киве вугониги къибладухъ гIадин, Къулила мугIрузе, гIодоб наку чIван. |
|
||||||||||
|