![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
КъурамухIамадил ХIажимухIамадидеСабигат МУХIАМАДОВА, Инхокъвари рос.Бищунго бахIарчияв чи вуго, ханасда цевеги, битIараб бицун кIалъазе кIварав чи. НекIсияб аби
Рагьизе бихьинал хутIунго гьечIо,
Нахъасан речIчIула сахав чиясда, Танчиде рахъине чилъи гIечIеца ГIарцухъ чи витIула, жалго рахчула. ЧIвадарухъанасде нахъбуссинаан, Берал ругелани, тIухьидул гулла. Аллагьасги лъикIал унин абула - Бидул кверал цIурал лъие хIажатал?! Къоларевлъи лъайдал чIварав тIиндисев, Маххгун чарамалъул лъикIан_дуй зани Зонол хъахIлъиялда хъван тезе лъикIан: РитIухълъи цIунулев цIум вукIанилан. Бегана гIумрудул цойгиги тIамач, Къаникь лъуна цойги бахIарчияб ракI. Кида нуж, гIадамал, гIодой руссинел, Гьеб жахIдагун чIвай-хъвей кидал тIагIинеб? |
|
||||||||||
|