![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Гьавни иман бугелаз адабалда рехселаС.СУЛТIАНОВ.Стихи посвященные Гаджимагомедову Гаджимагомеду Курамагомедовичу
Дида рагIана жакъа магIарул цо цIумалде
ЦIукIаяв лъабго хъачагь хадур рачIун кьвагьданин. Хвалил квачIикьа кинго хвасар гьавизе кIвечIин МугIрузул бис гIадав вас - хванин бакараб чирахъ. Чияр гIадамаз гурев, мацI цояз, ВатIан цояз, ГIарцуд ричун росараз, росу-ракь цIехоларез. ЦIукIалъи, хIалихьалъи хIатIазда тIад ретIараз, ТIамун чухъби кинигин чунтби цIезе хьул лъураз. ЧIухIуге мун, дир тIалъи, тIагIанин ияхI-намус АхIулеб кочIолъ гуреб хутIичIин бахIарчилъи, БахIар.чиял умумул, имам Шамилил наслу, Сунда нуж релълъуи ругел, лъил ракьалда нуж гIурал? МагIарул полковникни мугIрул сиде сверила Сундул багьаяб жакъа нужер рогьо, нужер цIар? Гьевни иман бугелаз адабалда рехсела РакьалъгIаги нуж хIехъей - хIикмат буто халкъалъе. Бадиса магIил гарал гиранадай улбузул, Унго, чIегIер банадай йокьаралъгун абуралъ... Васахъ керен унтичIел улбулни рукIинаро, Амма ругьнал захIмалъи заман анагIан льала. |
|
||||||||||
|