![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Росдал цIар киса бачIараб17-18 гIасрабазда тIиндадерил росу щулалъараб мехалъ гьез байбихьун буго сверухъ ругел росаби жидеего мукIур гьаризе ва магъало бахъизе. ТIиндадерие магъало кьолеб букIун буго эчедисез, тIиссадерица ва хуштадерица. Эчедисез гьезие кьолеб букIун буго гIи-боцIи, гьан, нах ва гь.ц. Хуштадерица-цIибил, цIолбол бахъараб жа, пурчIина, ролъ. Хуштадерица чабхъад ун, ЦIоралдаса хъамун вачIарав гIолохъанчи вукIун вуго «КIацола бекьала» колода тIиндадерие жа хIадур гьабизе тун. Хуштадаса Агъвали унеб нухда буго гьеб кули. Гьез цIар лъангутIиялъ гьесда КIацоял абулеб букIун буго, гьелдасан щвараб буго кулиялъе цIарги. ТIиссадерида тIад лъун букIун буго чIагIа, мед, кIвагьа бахъизе бакъвазабун тIи, тIех ва ролъ. ТIиссадерица тIи бакъвазабулеб букIун буго гьоцIиб. ТIи кваназе xIутI-хъумур бачIинчIого букIинапье гьоцI сверухъ гьарулел рукIун руго батIи-батIиял чIартал тIад ретIинарурал гьитIинал ганчIил яги тIилазул сиял. ТIисси абураб цIар росдае щун буго гьел сияздаса, тIи сверухъ абун. Хуштадерида тIад тIиндадерица магъало лъеялъул хIакъалъулъ дица бицен гьабизе буго Хуштадерил тариха-лъул бицунаго. ТIисси росдае кьучI лъун буго 16 гIасруялъул бакьулъ, 1550-1560 соназ. |
|
||||||||||
|