![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ТIиссал инкъилаб ккелелде цебеИнкъилаб ккелелде ва колхозал гIуцIилелде цебе ТIисси росулъа ГIанди гIурухъе щвезегIан рукIун руго пихъил ахал, рекьулел хурзал, кули-мархьаби. Колхозал гIуцIилелде гьенир ругел «Ахачарасала», «Гьикьи чарасала», «КвинтачIи», «Гьикьикили», «Кохъахери» ку-лабазда яшав гьабулаан тIиссадерица. Гьелъие нугIлъи гьабула Дагъистаналъул пачалихъияб архивалда ругел 1886 соналъ Дагъистаналъул халкъалъул къадаралъул хъвай-хъвагIай гьабун хадуб ТIисси росдал ккарал хIасилаз (фонд 21, опись 5 дело 117). Гьеб хIасилалда рекъон, ТIисси росулъ букIун буго кинабниги 53 цIараки, 6 цIализе хъвазе лъалев чи, 455 пуд хьалеб бекьулеб ракь, 377 га рецулел мучIдузул, 352 цIолбол гъабу, 108 бетIер хIораб боцIул,127 гIака, 27 бетIер бече, 26 хIама, 5 чу, 5 гьобо, 1223 бетIер гIицIаназул. Абизе бегьула гьел кулабаздасан щвараб бачIин-хIалухъиналъ бетIербахъи гьабун рукIанин тIиссал абун. Гьелъие нугIзаллъун ккола росдада гъоркь бугеб лъарахъ бан букIараб ханжу хенолеб 5 гьобоялъул хутIарал чIвадназ. Гьел кулабаздасан щолеб букIараб хайиралъул бицунаго тIиссадерил харабаз ва гьединго дир инсуцаги бицунаан ТIиссиахикьан тIадехун бугеб «Сагъари» ахикь букIунаанин бакIарун xIaл кIоларебгIан цIибил. Гьеб цIибил бакIаризе росуго къватIибе бахъулаанила цадахъ цо къоялъ, зурмилгун къолол гьаркьида гъоркь, ихтилат-кепалда. ЦIибил бакIаризегIан ах цIунун букIунаан хъаравулзабаз. Колхозал гIуцIун хадусел соназ кулабаздаса гIадамал росулъе гочана, кулабиги чIунтана, ах-хуралъ кьолел нигIматалги дагьлъана. ГьабсагIаталъ кулабазулги чIваданал лъугьун риххун руго, бекьулеб ракьги г1ypy къаралде сверун буго. |
|
||||||||||
|