![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ЦIеберагIиБогосальул мугIрузул гIодоблъиялда, Ганди гIурул кваранаб рахъалда тIиндадеридаги хуштадеридаги гьоркьоб буго районалъул ТIисси росу. Гьеб гьитIинаб росдал буго жеги рагьичIеб бечедаб тарих. Дун чанго сонапъ хIалтIана гъеб роcдал гьоркьохъеб школалда тарихальул мугIапимлъун ва завучлъун. Гьеб заманалда жаниб дица жигар бахъана, кIвараб хIалалъ тIиссадерил харабазда цIехон, архивазда, газетазда, журналазда хъирщун, балагьун гьеб росдал тарих лъазабизе ва гьеб бакIаризе. ![]() id:1431 ТIисси росу буго майдакалда, бакълъул рахъалда. Росулъе буго машинадул гIатIидаб шагьранух, росулъ-гьитIинабго xIop. Росдада нахъасан буго кIудияб мегIер, мугIрул лабаллъабазда хурзал, цебехун буго беричаб накIкIилги махилги жубараб рохь. Росдада гъоркьехун чвахулеб буго гьобо хIалтIизабизе гIураб кьуваталъул лъар, бакъбаккул рахъалдехун руго гIaтIидал, гIи-боцIуе санагIатал мугIрул. Харабазул биценазда рекъон, гьанже росу бугеб бакIалда букIун буго «Щугъри» абулеб хьалаялда вукIарав ханасул гIи-боцIи хьихьулеб кули ва рекьулел хурзал. Колодаги рукIун руго боцIул ва магьил тIалаб гьабулел гIухьби ва хъаравулзаби. Гьеб кулиялда цIарги «МилъичIи» (бакъда) абун букIун буго. Гьеб кули букIиналъе нугIзаллъун ккола гьанже росу бугеб бакIалдаса тIадехун бугеб Зинала майданалда ругел хурул ссанал. Гьелдаса дагьаб тIадехун, росдадаса анльго километралъ рикIкIад, бакъбаккул рахъалдехун буго некIсияб, борхатаб гохIда сверухъа вачIунев чи вихьуледухъ бараб, сверухъ галан къан щула гьабурабин абулеб некIсияб росу букIараб бакI. Гьелда цIарги «Щугъри» букIун буго. ![]() id:1432 Гьениб росу букIиналъе нугIлъи гьабула 1966 со-налъ Г1исакъов МухIамадица къватIибе бичараб Дагъистаналъул археологиялъул памятникалин абураб гIехьалъул 89 гьумералда бугеб «ТIисси росдадаса рикIкIад, бакъбаккул рахъалда буго некIсияб росу букIараб бакI. Гьениб тIиссадерида ратулел рукIун руго мазгарул батIи-батIиял тIагIелал ва цебе заманалъул ярагъ» абун 1089 хъвай-хъвагIаялъ. Гьенибго гьес хъвалеб буго: «Къоабилеб гIасруялъул байбихьуда тIиссадерида «Щугъри» росу букIараб бакIалда ратун руго чиясул жинсалъул сурат бугеб мазгарул алат, мазгарул ункъбокIонал курхьабигун 2 рахасги. 1903 со-налъ гьеб къайи-матахI тIиссадерил гIадамазухъа босун буго археолог A.M. Заводскияс. Гьел гьабсагIат цIунун руго Москваялда бугеб пачалихъалъул тарихалъул музеялда»-абун. ![]() id:1430 |
|
||||||||||
|