![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
МухIаммадсайид-хIажи накълулъиялда бараб кагъатРайоналъул администрация. Районалъул Собрание. Районалъул ГIалимазул Совет. Гьаб соналъул 24 июлалда какиеги чурун бакъанил какде ине хIадурлъулаго, тохлъукьего хехаб унтиги чIван жиндирго рокъов, Хасавюрталда, гIумруялъул 65 соналда Аллагьасул къадаралде щвана гьеб шагьаралъул бет1ераб мажгиталъул имай тIарикьаталъул устар, Дагьистанальго рикIкIунев гIелмуялда гIамал рекъарав гIалим, Хасавюрталъул имам АшгIариясул цIаралда бугеб исламияб университеталъул ректор, нилъер машгьурав ракьцояв Абубакаров МухIаммадсайид-хIажи. МухIаммадсайид-хIажи Абубакаров гьавуна 1939 соналда нилъер районалъул Хуштада росулъ, гьоркьохъеб даражаялъул исламияб гIелмуги бугев колхозчиясул хъизаналда. Цудунаб гIолохъанлъиялда гьев вукIана Къуран цIаларав ч ива гьес квералъ хъвалаан мавлидал. Исламияб гIелму цIализе М-С. Абубакаровас байбихьана гIумрудул сонал 20-25 вахараб заманалда. Байбихьуда мунагьал чураяв гьесул эмен Абубакарцин божулароанила, заманалъухъ балагьун, гьесул цIали лъугьинилан. Амма гIолохъанав МухIаммадсаидица таваккал тIамула ва гIелму тIалаб гьабун къватIиве вахъуна гIалимзаби ралагьун. (Доб мехаль КГБялдаса ва партиялъул райкомаздаса хIинкъун гIалимзабаз гIелму балъго малъулаан ва жалгоги загьирлъизе чIолароан). Къисматалъ гьев вачуна ГIалахье ва байбихьуда цIалана жиндир мунагьал чураяв Садикъ дибирасда цеве. Болъихъ КГБялъул хIалтIухъабаз рахIат течIого, гьенисан уна ГIандиве ва цIалула гьенив дибирлъун вукIарав Муниса кIудияв ГIалимчи, мунагьал чураяв ГIизудинил МухIамадида цеве. Долго мацIазги, КГБялъулазги гьенибги рахIат толаро ва, заманаялъ нахьеги вачIун, цIалула ТIукитIаса Зирайлав дибирасда цеве тафсиралъул гIелму. Гьоркьоб заман ун хадуб, цIидасан балъго ГIандиве тадвуссуна довго гIалимчи ГIизудинил МухIамадихъе ва гьес жиндихъ бугеб гIелму гьесда малъун бахъидал абун буго: - Дир вас МухIммадсайид, дица дуда дихъ бугеб гIелму малъун лъугIана, тIадехун бокьун батани, цогидав устар валагьеян. Бокьун букIин гьас загьир гьабидал, гIакьлу кьола Аксаялда дибирлъун вукIарав ва гьенивго чIарав кьаралазул мухъалъул, доб заманалда Дагьистаналдаго машгьурав гIалимчи Ризванихъе ине, гьес къабул гьавуни. ХIинкъи цIикIкIараб бугин абун, жинда кIоларилан байбихьуда нахъчIварав МухIаммадсайид уна гьеб мехалда гьенивго чIун вукIарав Сасикьа машгьурав гIалимчи ХIайбулагь дибирасухъе ва щвалде щун цIидасан цIалула тафсир гIелму. Амма гIолохъанав гIалимчиясул хьул къотIуларо кида-къадги машгьурав гIалим Ризваница жив къабул гьавиялда ва, хадубккун, иш гьедин ккезеги ккун буго. М-С. Абубакаровас, Ризван устарасда цебе цIалун буго цIвабзазул ва цогидалги гIелмаби. Бицуна, жиндар баракат нилъее щваяв ва кидаго гьеб камугеяв, МухIаммадсайид-хIажи гIелму цIалунги лъугъун росулъе тIадвуссиндал, гьев вуссинавизе рачIарал доб заманалъул нилъер машгъурал гIалимзаби, жидер мунагьал чураял ТIисси-ахикъа Лабазаница, ТIиссиса Ибрагьимица ва цогидазги абун бугила МухIамадсайидица гIелму цIалун тун гьечIин, гьекьон бугилан, ай, гьев кутакалда гъваридаб гIелмуялъул хважаинлъун вахъун вугилан. ЦIалиги лъугIун росулъе вачIарав гIалим М-С. Абубакаров тIатIала кверал лъун чIечIо. Гьес росулъ рагьула балъгояб Мадраса. КигIанго районалъулги КГБялъулги хIалтIухъабаз рахIат хвезабуниги, гьес рехун течIо Ислам цебетIеялъе гьабулеб хIалтIи ва гIелму малъи. Дол соназ Хуштада балъго гIелму лъазабулел рукIана нилъерго районалъул росабалъа гIолилал гурелги, Болъихъ, ГIахьвахъ, Гумбет районалдаса ва, хIатта Чачаналъацин гIолохъаби. ЖамагIаталъул гьари нахъе чIвазе кIвечIого, 1085-1987 соназ М-С Абубакаровас гьабуна гIагараб росдае дибирлъиги. 1987 сналда хадур гьарун гIадамалги рач1ун, МухIаммадсайид-хIажи (къ.с,) ана Хасавюрталда шагьаралъул бетIераб мажгиталъул имамлъун ва, гьелдаса нахъе гIумру ахиралде щвезегIан шаргIалъул гIорхъабаздаса кьуричIого, ракIбацIцIадго, Къуръан-хIадисазда борцун гьабуна гьеб жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIи. ЦIалун вахъун хадуб М-С. Абубакаровасул гIищкъу бергьана тIарикъаталдехун, амма лъалеб букIинчIо лъихъе иневали. Гьеб мехалда гьес гIакълу дандбана жиндирго загьирияб гIелмуялъул устар довго Ризванида, ва гьес гIакълу кьуна ГIашалиса Тажудин-Афандихъе (къ.с.) ине. Живгоги гьесул тарбияталда вукIин бичIчIизабуна гьес. Гьединаб ккана гьесул, хадубккун гьес жинцаго жиндие кутакалда баракат баханилан гIемер такрар гьабураб, тIарикъаталде вачIин. Хасавюрталда дибирлъун аралдаса М-С. Абубакаровас цIакъкIо цIикIкIун кIвар кьуна гIун бачIунеб гIелалда Исламияб гIелму малъиялде. БитIахъегояб гьесул хIаракаталдалъун бана гьениб кIиго мадраса, хадурккун жал исламиял университетазда сверара. Гьес гIелму малъизе жиндихъе рачIаразда гьарулеб жоги цIохIо букIанаан: Жодода малъараб гIадин, гьез цогидаздаги кIвахI тун гIелму малъи. МухIаммадсайид-хIажи вукIана Алат-Лугьаталъул, Фикъгьи, Тасфссир, Мантикъ, Микьат, Тасавуф, ТIиб, Тарих, гIелмул ФасахI гIадал гIелмаби жинда гъваридго лъалев, гIелмудул ралъад ва гIелмуялда гIамал рекъарав гIалимги, РифагIияб тIарикъаталъулги кIицIулго изну щварав устарги. Бицен буго Тажуддин Афандияс (къ.с.) Накьшубандиябги Шазалиябги тIарикъаталъе изну кьолеб букIараб гIадаб, гьес БетIергьанасда цеве, жив гьелда вахарав чи гьечIилан, жиндаго живго гIодовегIан вихьун, босичIого тун бугилан. Аби буго гIалимчи хвей гIалам хвеялда бащалъулилан, хасго гIелмуялда гIамалги рекъарав хвей. МухIаммадсайид-хIажие къадар щвей гьеб гуро цохIо гьесул хъизан-агьлуялъе, гIагарлъиялъе, хуштадерил жамагIаталъе ккараб ками, гьеб буго нилъер районалъего, тIолабго Дагъистаналъего ккараб кIудияб бакIаб, ва нахъбуссин гьечIеб ками. ТIолабго районалъул буссурбабаз ва районалъул администрациялъ, депутатазул райсобраниялъ, районалъул гIалимазул Советалъ, гъваридаб пашманлъи загьир гьабун зигара балеб буго Дагъистаналдаго машгьурав гIалим, тIарикъаталъул устар М-С. Абубакаров къадаралде щвеялда бан гьесул хъизан-лъималазда, тIолабго гIагарлъиялда, Хуштадерил ва Хасавюрталъул жамагIатазда, тIолго дунялалда ругел бусурбабазда. Гьаб бакIаб ками нилъее карал гьал захIматал ва нилъ киналго пашманал къоязда, нилъеца Аллагьасдаса гьарила гьав хварав, ахираталъул лъикIлъабаздалъун вохизавеян ва гьесие Алжанги насиб гьабеян, гьесул агьлу-хъизаналъеги, гIагарльиялъеги ва нилъ киназего жив разияб сабру кьеян, жиндир РаIматал цIикIкIинареян. Хварав нилъее баракатги тун арав ватаги. М-С. Абубакаровас жиндирго гъваридаб лъалкI тана гьаб дунялалда, чанго нухалъ борхана хIежги. Гьес нилъее тараб кIудияб хазиналъун ккола жидее гьесул баракатги Исламагьул, гъваридаб лъайги щварал, районалдаги гьеб бахун къватIирехунги ругел анцI-анцI цIаларал чIагIи- гIолохьанал гIалимзаби. Машгьурав гIалимчи ва жамгIияв хIаракатчи МухIаммадсайид-хIажи кидаго кIочон теларо гьесул муридзабазда, гьев лъалезда, росу ва районцоязда. |
|
||||||||||
|