![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
АхIулей йиго дур беразДун ахIулей йиго дол тарал нухаз,
Хивалазда гьоркьоб дур цIарги цIехон. ЦIидасан гьаб гIумру тIегьалеб гIадин, Буго рекIелъ жаниб кутакаб рохел. Каранда рокьул тIегь бакъвалеб мехалъ Къуват щай цIикIкIулеб рекIел гIишкъудал. Къокъулей кинай дун доб мугIрул тIогьий, ЦIидасан дол нухал рахизе хьулгун. ТIабигIат берцинаб гьава рекъараб Доб гIагараб тIалъи бихьула тIегьан. ГIагараб гIумрудал дир арал сагIтал Жакъа сверун руссун руго гIагарда. Доб дир къисматалъул гIагараб закон Жакъаги рекIеда цIунун бугеб куц. ТIатизе течIого бахчараб рокьул Кьалбал ракъванагIан тIегьалеб буго. |
|
||||||||||
|