![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Гьигьалъа МухIамад ХIусейниявXVIII гIасруялъул ахиралда СагIудиязул ГIарабиялдаса Дагъистаналде рачIуна жеги дин щула гьабиялъул ва гьеб гIадамазда битIун бичIчIизабиялъул мурадалда МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.) наслуялдаса лъугьараб сайидазул 42 хъизан. Гьезда гьоркьор рукIуна Гьигьалъа МухIаммад ХIусейниясул кIудияв эмен ХIажибатирги гьесул анкьго васги. Гьел рукIана ГIарабазул ракьалда машгьурал, гьваридаб гIелмуги, дин билълъанхъизабизе гьунарги, махщелги бугел гIалимзаби. ГIемераб хIалтIи гьабула гьез гIадамазда гIараб мацI малъиялда, Къуръан лъазабиялда сверухъ. Имам Шамил кверде араб ва Дагьистаналда гIурусаз ханлъи гьабизе байбихьараб мехалъ, ХIажибатир жиндирго васалги хъизаналги рачун нахъе уна. Цояв вас, нахъе инчIого, Курахивеги гочун гьенив чIола. МухIаммадил вас ГъазиммухIамад Гьигьалъеги вачIун гьенив чIола ва гьениса ячула Каримил яс Париза. Гьеб хъизаналъе гьавурав вас МухIаммадилъ гьитIинго бижула гIелмуялде рокьи, гьарулаан диналъулги ва гIадамазулги гIумруялъул хIакъалъулъ бицунел туркаби, назмаби. Гьев цIалула Дагьистаналда бищунго машгьурал гIалимзабазда цеве. Щайих МухIаммад ХIусейнияс хъван буго 16 тIехь, гьездаса 14 къватIибе биччана Мавраевасул басмаханалда. КъватIире риччаралги риччачIого хутIарал цогидалги гIемерал хIалтIаби руго гьесул васасул васасухъ рокъор цIунун. Гьездаго цадахъ жеги нахъе цIунун руго гьев хIалтIулев вукIараб стол, щакъитIел ва мугьру. 1905 соналда Гьигьалъаги гочун, гьес гIумру гьабулеб букIана Агъвали росулъ ва гIемерал соназ гьениб бугеб мажгиталъе имамлъи гьабуна. МухIаммад Аварагасе (с.т.гI.в.) рецц гьабиялъул рахъалъ хасаб жанр гIуцIарав чилъун рикIкIуна МухIаммад ХIусейнияв. ХIусейнияв гьесул инсул цIар кколаро, гьеб ккола Аварагасул (с.т.гI.в.) яс ФатIиматица ГIали асхIабасе (р.гI.) гьавурав вас ХIусейнил наслуялъул чи вукIиналъе тIаде жубараб тIокIцIар.
|
|
||||||||||
|