![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Гьигьалъа ХIажимухIамад ХIусейниявГьилъалъа МухIамад ХIусейниясе АнцIила ичIабилеб гIасруялъул ахиралда, ва къоабилелъул авалалда МагIарулазда дин исламалъул балъголъаби мухIканго, камилго, гIатIидго лъазариялда, халкъалъе мустахIикъаб рухIаният ва жамгIиябгун напсияб тарбия кьеялда тIад машгъуллъун, ракI бацIцIадго, кIудияб пайдаяб хIасилалдалъун хIалтIулев вукIарав гIалимчи, динияв хIаракатчи, шагIир, таржумачи, катиб ккола Гьигьалъа ГъазимухIаммадил вас ХIажимухIаммад ХIусейнияв. Цо къарну гIумруялъул нахъа тана гьес 1835 соналъ гьавурав гьев хвана 1935 соналъ. Сверухъ ругел росабалъ гьев лъалаан МухIамаддибир абураб цIаралда гъоркь. Диниял ва шигIриял асаразда хадуб гьес хъван батула цин Гьигьалъа ГъазимухIаммадил вас МухIаммадин, цин Агъвалиса ХIусейнияв МухIаммадилан. Гьелъин цо-цоязда гьел асарал хъварал чагIи батIи-батIиял ругиланги кколеб. МухIамад хIакъикъаталда гьавуна ва гIуна Гьигьалъ росулъ. Хьизан гьабун санал индал гьев жиндирго инсул букIараб ахикье Агъваливе вахъуна, гьениб минаги бан, магIишат гьабизе лъугьуна. Гьенив гьев хунги вуго, вукъунги вуго. Агъвали росдал авалалда буго гьесул хобалда тIад гьабураб, бусурбабаз зиярат гьабулеб хIужраги. Жиндирго цIаралда ХIусейинияв абун тIаде жубаялъе гIилла ккола, гьесие жив МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.) яс ФатIиматил вас ХIусейнил кьибилалъул вукIин загьир гьабизе бокьи, ай жив сайидазул вукIин. ХIакъикъаталда гьеб гьединги букIун буго. Гьигьалъ росулъа гIолохъанав гIелмияв хIалтIухъан Шамхалдибир ГIисаевасул баяназда рекъон, гьесин абуни кьочIчIое босун буго Шамил имамасул дурц ГIабдурахIманил вас Шамилица гIуцIараб жиндир тухумалъул силсилат. 1721 соналъ Гъазигъумекдерил хан квер гьечIев Сурхайица лезгиназул Курах росулъ къадилъун тIамун вуго Мазамма абурав чи. Гьесул вас, гъумекиса тIарикъаталъул устар Джамалудинил вацгIал, ГъазимухIаммад Гьигьалъе гочун вуго, анцIила микьабилеб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда. МухIканал чIванкъотIарал сонал чIезариIзе захIмат буго. Гьелъие гъваридаб цIех-рех къваригIуна, гьеб жеги гьабун гьечIо. ГъазимухIаммад, Жамалудин устарго гIадин, кколев вуго ХIусейнил микьабилеб наслуялъул вакил. Гьеб сиясиялда чIезабун буго. Шай ГъазимухIаммад жиндирго ватIаналде гочинчIого Гьигьалъе гочарав? Гьеб суалалъе жаваб кьезе захIмат буго. ГIелмуялда. хадув вачIун ватизеги бегьула, гьединал батIи-батIиял миллатазул гIадамал лъай босизе батIияб росулъе гочин доб заманалда тIибитIараб иш букIана. ЧIамалазул жамагIаталда жанир рукIана Хъварщиса Загъаласда цадахъ Дагъистаналда машгьурал гIалимзаби. Гьезухъе цIализе рачIунел рукIун руго, жидерго росулъ лъикIал мугIалимзаби, гIалимзаби ругониги, батIи-батIиял миллатазул вакилзаби. Кин бугониги ГъазимухIамадил къисмат бухьараб буго Гьигьалъ росдада. Гьенив гьесие гьавун вуго ункъо вас;
Къарахъа МухIаммадтIагьирил баяназда рекъон 1870 соналъ Дагъистаналъул шаргIияб судалъ хIукму. Гьабун буго ГъазимухIамадги гьесул лъималги сайидзаби, ай Аварагасул (с.т.гI.в.) наслуялъул чагIи рукIиналда бан гьел кинаб бугониги тIад лъолеб хIакъалдаса эркен гьаризе ва гьезие вакъфуялъул МагIишаталдаса пай чIезабизе. ГъазимухIаммадица жинцагоги, чIамалазул гIалимзабазги гьесул лъималазе лъикIаб лъай кьола. Гьеб ишалъулъ хасго бажари бихьизабула МухIаммадица. Гьесул вахъуна Дагьистаналда цIар рагIарав гIалимчи ва шагIир, гьес борхула хIеж, гIемерал соназ хIалтIула дибирльун. Доб заманаялда Шуланиса ИсмагIил Дибирасда, ГъазимухIаммадида, ГIободаса Сиражудинида цадахъ, МухIаммаддибирас магIарулазул адабият маданият цебе тIезабиялъе гьабураб хIалтIи къимат кьезе бажаруларебгIанги цIикIкIараб буго. АнцI-анцI мажмугI гIуцIана гьезул щивас. Хасго МухIаммаддибирил буго цIакъ бечедаб гIелмиябгин шигIрияб ирс. Гьес хъвана батIи-батIияб тайпаялъул ва даражаялъул багьа тIадегIанал, къимат цIикIкIарал асарал. Гьел хъвазе гьесул букIана лъикIаб лъайги, кIудияб махщелги, гьелдаго цадахъ гьес магIарул мацIалде руссинаруна гIарабазул машгьурал гIалимзабазул асарал, басмаялда рахъизе хIадур гьаруна жиндиргоги ва жинда лъалел лъикIал гIадамазул тIахьалги. Маданияб кинабго рахъалде квер щвезабуна гьес. 1913 соналъ Щураб къватIибе бахъараб жиндирго къиматаб "МигIраж аннажат" абураб тIехьалъул ахиралда лъураб назмуялда ХIажимухIаммадица хъвалеб буго:
КигIанго жиндирго нафс гIодобегIан гьабун гьаб вагIзадулъ бугониги, ХIажимухIаммад хIакъикъаталда вукIана лъикIав гIалимчиги, гьунар бугев пасихIав шагIирги, гIакълу бугев малъарухъанги, махщел бугев мугIалимги, кIвахI лъаларев жамагIатчиги, халкъалда гьоркьоб гьесул букIана кIудияб къадру-къиматги адабги. Гьесул цIодораб, камилаб рагIухъ халкъ гIенеккулаан, гьесда хадур рилълъунаан. Гьелъие нугIлъи гьабула гьес хъварал гъваридал, камилал тIахьаз, гьес нилъее нахъе тараб гIелмиябги, адабиябги ирсалъ. Цо нухалъ басмаялда рахъун течIо гьел, машгьурал гIалимзабаз тIадегIанаб къимат кьурал цебе-рагIабигун гьел чанго нухалъ къватIире цIикIараб къадаралда риччана къватIире. Масала, 1905 соналъ Куласа МухIаммадмирзал вас ГIисал квералъ хъван бахъана гьесул камилаб тIехь "Мавлид ал-кабир" кIудияб мавлид. ХIажимухIаммадил мавлид ккола гIатIидаб, кIудияб Аварагасул (с.т.гI.в.) гIумру жиндилъ махщалида загьир гьабураб асар. Гьелъул кIудияб къиматги даражаги букIин хIисабалдеги босун бахъана гьеб 1908, 1914 соназ. Гьелдаго хадубго цун басмаялда ГIуриса МухIаммадгIалил вас ГъазимухIаммадил квералъ хъван бахъана гьесул кIиабилеб тIехь"Тухфат ал-мутаваржидин". Тартиоалда сокIкIун, хадур-цере гьарун гьесул тIахьал цIалидал, нилъее баянлъула 1905-соналдаса байбихьун 1915 соналде щвезегIан гьес хъван хIадур гьарун, сон гьоркьоб течIого цо-цо тIехь басмаялда бахъулеб букIин. Гьеб кIудияб гьунарги, бажариги, жинца тIаса бищараб, жинца мустахIикъаблъун рикIкIараб хIалтIуде машгъулльиги, кIвахI гьечIолъиги ккола. 1911 соналъ жиндирго квералъ хъван басмаялда бахъана цIакъ хIажатаб, диналъул балъголъаби рагьараб "ИмтихIан ассаликъин" абураб тIехь. Гьелъие гьесда батана хасаб къагIидаги, суалазулги жавабазулги, Аварагасул (с.т.гI.в.) амру, нагьюялъул кумекалдалъунги исламалъул шартIал гIадатиял гIабидазе баян гьарулеб нух. Хадусеб соналъ гьединго жиндирго квералъги хъван ХIажимухIаммадица къватIибе биччана "Ал- манзумат ал-гIажамина" абураб тIехь. Гьелда жанире гьес рачун руго жинцаго хъварал вагIзаби, туркаби, малъиял, назмаби, ай кинабго жиндирго шигIрияб буголъи. Жиндирго кIудияб мавлидалда бицараб Аварагасул (с.т.гI.в.) хIакъикъаталда, гьесул гIумруялда тIадги вуссун, гьес гIатIид гьабун, камил гьабун, халифазул, Аварагасул (с.т.гI.в.) наслуялъул къисматги бицун, хириял дугIабиги гъорлъе рачун хъвана цIияб тIехь,"МигIрадж ан-наджат". Гьеб гьесул тIахьазул бищун кIудияблъун ккола. Ахираб басмаялда бахъараб гьесул тIехь ккола "МаватIину ул-инсан" Гьал нилъеца рехсарал тIахьал ккола басмаялда рахъарал, халкъалда гьоркьор машгьурал, гьанжелъизегIан беричго нахъе цIунун ругеллъун. КигIан бечедаб ХIажимухIаммадил гIелмиябгун шигIрияб ирс букIарабан мухIканго, якъинго абизе захIмат буго. Щай абуни, гьеб тIубанго данде гьабиялье хIалтIи гьабун гьечIелъул, гьеб сокIкIун, къачIан тартибалда ккезе гьабун гьечIелъул, гIелмияб къагIидаялда, гьелъул цIех-рех гьабиялъул ва гьеб лъазабиялъул дица бицинего бицинаро. Цогиги, гьев гIалимчиясул асарал цогидаз гIуцIарал, къватIи риччарал тIахьазда гьоркьореги рачун руго. Жинцаго ХIажимухIаммадицаги жиндирго тIахьазде магIна гъварилъиялъул даража цIикIкIинабизелъун гьоркьоре рачуна машгьурал гIалимзабазул асарал, биценал, абиял, хIужаби, гIумруялъул лъугьа-бахъинал, диниял малълъараби. ТIахьал хъваялъулги гьел гIуцIиялъулги гьесул букIана хасаб нух. Жиндирго пикру, калам, мурад якъинго, киназдаго бичIчIуледухъ загьир гьабиялъе гIоло гьес мугъчIвай гьабулаан Къуръаналъул аятазде Аварагасул (с.т.гI.в.) хIадисазде, гъесул суннатазде, халикъаз, шайихаз, машгьурал диниял гIалимзабаз гьабураб пикруялде. Гьелда тIадеги жубалаан жиндирго бичIчIи, жиндирго бербалагьи загьир гьабураб вагIза, назму. Гьелъ гьесул асаразе цо ГIажаибаб тIадегIанлъиги, фасихIлъиги кьолаан, хехго рекIелъе рортун унаан. Хабар гьес бечед гьабулаан назмиял асараздалъун. Гьелъ гьесул тIахьалги релълъунаан роол кьер-кьерал тIугьдуз бахчараб харибакIалда. КигIан кIудияб тIехь бугониги, гьелъ цIалулаго сваказаруларо, гьеб чIалгIунаро, макъратIисалъ гIадин тIаде цIала, щай абуни, гьениб бугелъул ботIроеги рекIееги дару-дарман.
|
|
||||||||||
|