![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Гьаракь гьечIеб кечIЖакъа балагьула кочIохъабазухъ
КучIдул ахIулилан цере рахъулел, Микрафон цебе ккун гьаракь жаниб тун, КутIби щурун тола ахIухъабаца. Дуца хъвараб кочIол къимат гьабилин Дурги ракI букIуна рохалилъ босун. Амма гьеб гьереси нуж киназего Дискеталда хъвала ахIулел кучIдул. БетIер ургъун хъварал гъваридал кучIдул Гъугъан цIадалги ран рахъ рахъалъ уна. Лъабго-ункъо жугьа дур батанани Лъебаралда хадуб хисун батула. ЛъабцIул гIенеккула дир кечI бугилан, Кинго ратуларо ракIалъул мухъал. Сордо рогьизегIан макьу билараб, Мухъал цIехон уна ахIдироялъухъ. |
|
||||||||||
|