![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Вакъарав лъаларо гIорцIарасдаГIумрудал нухазул захIмалъи бихьун
Къойил балагьула гьал гIадамазухъ. Къваридал къоязул къурбанлъун ккарал, Гьезул хиял гьабун унтула дир ракI. Къварилъигун рохел цоцал лъаларел, ХIурмат биларазул гьабула хIисаб, Бечедазул ракIал рохун рихьидал Мискинал рихьула хьулазде руссун. Кваналеб кваниде гIорцIи лъачIого ГIумру щваралазде гурхIула керен. Щивав инсанасе Аллагьас кьураб ГIумру бугин абун абула ракIалъ. Кинго божуларо гIадамазда дун ГIадло бихаразул бихьиназда гъорлъ, Щай ракIал цIоролел гIарац бихьидал ГIадамал чIван лъолел доларал кьуни. |
|
||||||||||
|