![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Хвел гьечIел рагъухъабиДир мугIрул халкъалъе ракIалъул бухIи
БухIулеб цIа гIадин буго жегиги. Росу тIегьан буго тIогьол квацIилъун, Рагъул дол нухазда хер бижун буго. Амма рагъда тарал дол гIолил васал РекIелъ чIаго гIадин руго кидаго. Жеги тIад руссинчIел ракьулъ рукъичIел Васазухъ россабахъ чIегIер бан буго. Жакъа ватIаналъго чIегIер бахъани Бахъизе кIоларел руго руччаби. ТIолго гьаб ракьалда кIочон таниги Россаби кIоченчIел руго руччаби. ХIасраталги тIагIун ракI бухIаниги ТIоге гъозухъ магIу гIодуге улбул. Нилъер гьаб ватIаналъ хвел гьечIин абун Рорхатал кьурабалъ хъванин гьезул цIар. |
|
||||||||||
|