![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир росулъ кьвагьулеб бугоДир мугIрузул росу, гIагараб район
Жакъа районалъул каву рагьараб, БукIинчIеб къварилъи босун бачIараб Рагъул гъугъай буго сверухълъиялда. ГIурул чвахи гуреб кьвагьи рагIичIеб Дир гIагараб район буго гъугъалеб. Ракълид гIумру араб гIагараб росу, ГIарадабаз буго хъудизабулеб. Рагъда хварал васал кIочон рукIинчIел Ругънал цIи гьаруна гьаб рагъуцаги. Лебалал васаца ярагъ кодоб ккун Кьвагьулеб рагIула гIагараб росулъ. Хъубал вагьабистаз хъублъараб район Жакъа дир васаца бацIцIунеб буго. Къиматги къадруги борхун цIунулеб Дир росдал гIагарал, кьварун рукIа нуж. Кьураби рахъарал борхалъи ккурал, Рорхатал гьал мугIрул цIуне нужеца. ЦIадул балагьалде нужго кканиги ЦIуне дир хириял, ЦIумада район. ЦIар гIасрабаз кьураб Агъвали росу Къуркьизе биччаге рухI бичаниги. Вагьабистазул цIар борхизе тоге, Квер хьвагIун гIурулъе рехе гьел хъурмал. |
|
||||||||||
|