![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Тупалиев ГIумарида баркула спорталъул турнирЖакъа ЦIумадисел къватIир рахъана,
Щибаб росдал гьунар бихьизабизе. ТIолалго къецазда бергьенлъи щварав, Полковникасул цIар кIодоги гьабун. Изну кье жакъа дий нужгун кIалъазе, Къуватал васазул къадруги борхун. Спорталъул гьаб турнир борхун кIалъазе, ГIумарил гьунарал нужой рагьизе. Жакъа цере рахъун руго кIалъалел, Тупалиев ГIумар вокьулелщинал. Гьесул къуваталъул къадру борхулел, Гьанир данделъана гугарухъаби. ГIумарил гьунарги гьесул къуватги, ЦохIо дица бицун гIей гьабиларо. Нижер районалъул щивасул кIалдиб ГIумарил цIар буго кибго рехсолеб. Жакъа кинацаго баркулеб буго, ГIумарил бергьенлъи кидагогIадин. Цадахъ гIодорги чIун гьаб турниралда Гьесул къимат буго цадахъ борхулеб. Гьединаб рохелгун чорхол сахлъигун, Кьеги ГIумарие халатаб гIумру. Щибаб санайилго нилъ данделъизе, Бергьенлъаби росун вуссаги мун тIад. |
|
||||||||||
|