![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Жакъа мавлидалда данделъанаЖакъа мавлидалда ниж данделъана
Иман жиндилъ тIокIай гьай Машидатгун. Устарасул сайгъат жиндие щварай Гъайирбековалъул бицун кIалъазин. Санал цIикIкIаниги къоял аниги Дойго мун йигоан жакъа дир берзукь. Диналъул рахъалъан къуват цIикIкIарай Хирияй Машидат, баркула дуда. Дуца ункъого сон бараб юбилей, Дида мун йихьула дойго гIолилай. Гьурмадул сипатгин чорхол чIаголъи Бихьана беразда мун кIалъалаго. Мавлидал цIалана гIолил васаца, Дур адаб цIунарал гIолил ясаца. БитIана салават мун сверун чIараз Гьайбатал гIолилал – нилъер муридаз. Дур берцинаб гьаракь, бицунеб рагIи, ГIенеккана жакъа кинабго гIалам. Дуда баркулаго къочулей дие Цо асар гьабуна дур берцинлъиялъ. АхIана хIеренго ХIамзалас мавлид, Ургьиб гьинал рекIелъ хъван букIунедухъ. Цере рахъун нилъер къиматал васаз Бицана кинабго дур гьунаралъул. Гьаб Хасавюрталъул къиматги борхун ГIумахановасул рахъалъ кIалъана. Машидатил бицун гIемер абуна Сайгидпашал барки цIалана васаз. Рахъун сценаялде кIиго гIолилас Рагьана коробка багIараб хамил, Жаниб кверги бегьун кодоб босараб Орденалъ гвангъана тIолабго гьаб зал. “Дие кьураб орден – къиматаб сайгъат – Каранда бан телин”, - абуна дуца. Баркала ракI-ракIалъ загьирги гьабун, Кодоб босун къимат борхизабуна. |
|
||||||||||
|