![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ЦIумада районалъул Шаваялда ругел учительзабазеШаваялда бугеб школалъул къимат
КIодо гьарулезул цIаралги рехсон, МугIрузул цIумгIадал цIакъал васазул Бицун дун кIалъани гIайиб чIваладай. Школалъул бицун нужгун кIалъазе Изну гьарун щвана дун Шаваялде. Школалъул хъулухъ жинца борхулев МухIамадрасулил бицун кIалъала. КIалдиб мацI рекъарав, гIелму цIикIкIарав Гьасул бицун жакъа дун свакаларо. Лъималазде рокьи, тIалабгин агъаз, Жиндир чорхолъ бугев нижер директор. Школалъул завуч Мусаевичги, Вокьула халкъалъе жидер вац гIадин. ГIадамал хирияв, сабру цIунарав, ЦIалдезе тIамула гьас гIисинаб гIел. КIудиязул къимат къадруги борхун КIалъала гьав нижгун аскIор щваралго. Щивасе рекъараб рагIиги бицун ГIакъилго гьабула щивасе калам. Гьазда аскIов вуго лебалав гьалмагъ, ХIурмат гьабула дур росуцояца. ГIабдурахIман, дуе баркала буго Школалъул учитель, нижер наставник. Вокьула мун нижей къадруяв инсан, Къимат гьабула дур цIалдохъабаца. Лъимазда хIеренго малъулеб гIелму КIоченаро гьезда дуца кьураб дарс. Гьазда аскIой йиго гьайбатай гIадан Чорхолъ иман бугей, гIакълу роцIцIарай, АскIор ругелазул адабги цIунун ЦIалиялъул къимат цIикIкIун бичIчIулей. Дуде бугеб адаб-хIурматги цIунун, Абила ПатIимат АхIмадоваян. Школалъул хъулухъ борхизабулей ГIадамазда гьоркьоб къимат цIикIкIарай. Жакъа гьалъул бицун дун свакаларо Свак гьечIеб черхалъул чучи лъаларей. Чидар хъулухъ тIубан аскIое ячIун Щивасда гьикъула камураб щибан. Бихьана беразда жакъа гIемер жо Учительлъи буго къиматаб хIалтIи. ХIалхьи кIочон тарал васалгун ясал Нужой баркала кьун дун свакаларо. АхIила хIеренго халкъалда цебе Нужер цIалул гIелму хIажатаб бугин. Нужер малъиялги, нужер дарсалги ГIумруялъго руго щивасда цадахъ. |
|
||||||||||
|