![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
МахIачхъалаялъул майданалда бихьарабМахIачхъалаялъ 150 сон тIубаялдеРалъдал рагIаллъуда дун сверулаго
Бихьана беразда хIикматаб сурат, Авар театралда цебе бакIарун Буго разияб халкъ хIухьбахъиялда. Жиб-жиб районалъул вакилзабиги Жакъа майданалда данделъун руго. МахIачхъалайилан цIар таралдаса, КIудияб юбилей гьабулеб буго. НекIсияб кьурдиги кочIол бакъанги, ЦIумадаса халкъалъ бихьизабуна, МагIарул гIадатги гьезул ретIелги Гьезда рекъон буго кидаго гIадин. КIудияз цIунараб некIсияб гIадат, Додиналго хинкIал бакъвараб гьангун, Кьарияб мохмохги медил хъабаги, Гьаниб столазда буго гьарзаго. ТIиндадерил чIагIа, чIегIераб урба, ЦIоросаролъул гьал тIогьилал хинкIал, ТIаде бан гIиял хIан - хIалбихьейилан Цере лъолел руго берцинал ясаз. Дир хирияб росу, гIагараб район, Жакъа гьаниб нужор къимат борхана. Районалъул бетIер Камиловасги Квербакъун батила гьаб тепсиялъе. Дир цIумадисезул цIумгIадал васал, Кирго рихьула нуж церехъабилъун. Коратов, Гагиев нужер чIаголъи Кидаго руго нуж цебесеб кьерда. Нужер гьунараца гьаб майданалда ГIуцIана кинабго чIаголъиялда, Гьаниб кванил рахъалъ бугебщиналъул, Нужер квербакъиялъ кутак гьабуна. СалихIатил кечIги гьазул кьурдиги, КамичIо къоялъго гьаб майданалда. Бекулеб цIулакьо, кваналеб гIечги, ТIинди росдал ясаз чIезе гьабуна. ТIанса тIад бессулеб некIсияб станок Коратовас босун щвана гьанибе, Гьабулеб хIалтIуе хIалхьи лъаларев МугIрузул цIумилан цIар кьуна дуе. Щивасул гьунарги чорхол къуватги, Борхатго цIунулел цIумал руго гьал. Районалъул бутIрул, лебалал васал, Кьейги нужей гIумру район борхизе. |
|
||||||||||
|