![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Арал дол рагъул нухалРагъул нухал рахун бергьенлъи щварал
Нилъер умумузе налъулал руго, Гьезул бахIарчилъи, гьезул гьунарал ГIасрабаз хутIила мисаллъун нилъей. Къварилъи хьехьарал, хIурмат цIикIкIарал, Умумуз кьуна гьаб ракълилаб гIумру. ЦIар бугел васаца даим цIунила Умумузул цIарги цIваги ракьалда. Къадру кIудиязул гьурмахъ балагьун, Бицула кинабго щвараб къварилъи. Рагъул нухал хIехьон къадру борхарал, Нилъер умумузул къимат борхун те. Рагъул майданалда регун хутIарал ГIагарал хириял дир росдал васал, Жеги рекIелъ жаниб жунулеб бугин, Рагъда хутIаразул бахIараб гIумру. Жакъа рагъул бицун дун кин кIалъалей Гьелъул бухIи дида бихьун букIинчIин. Амма рагъда хварал дол гIолил васал Руго ахIи балел жал кIочонгеян. |
|
||||||||||
|