![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ЦеберагIиБатIияб гьечIо ТIинди росдал тIабигIат ЦIумада районалъул цогидал росабазулалдаса. Гьадалго кьурабиги, гьетIа-кIичIарал нухалги, чабхилъан чвахулел лъаралги, риидал тIогьода росарал, хасало гIаздакь тIупарал мугIрулги. Яги тIолабго Дагъистаналъе хасиятаб тIабигIат..?! Абула тIабигIаталъ кьолин чиясе гьунарилан. Гьай-гьай, гьединаб, гIажаибго берцинаб сверухълъиялъ асар гьабичIони, гьелъул асирлъун яхъинчIейани, гьелъул мацIалда кIалъалароан Загьра КъурамухIамадова. Жеги гьитIинго кучIдул хъвазе байбихьарай Загьра ккола ЦIумада районалъул ТIинди росулъа. Рос гIумруялдаса ватIалъун хадув ункъо лъимералъе тарбия кьурай, нахъа тарал къояз къадруяб хIалбихьи щварай гьелъул кучIдузулъ батула унго-унгоги рагьараб, щибниги бахчичIеб гьаракь, рахIат гьечIеб рекIел кIутIи. Гьелъие нугIлъи гьабула: Хъвалароан дица рокьул рагIаби,
Рукьбазда багъулеб цIа гьечIебани. Рокьи. Гьеб рагIул бугеб чанго батIияб кIудияб магIна. Цоцазде рокьи, эбелалде рокьи, вижараб росдаде рокьи, гIагараб улкаялде рокьи. Ай, рокьи гьечIони гIумру букIунаро, рокьи гьечIеб гIумру гьеб ккола салул авлахъалда пударулеб гьури. Аллагьасул амру, исламалъул нух,
яги:
Гьаниб борхалъуда хвалчазул гьаракь Гьаниб АхIулгохIда ракьул гъаталъа,
Гаргади рагIула муридзабазул. Гьеле гьедин хъвалеб буго шагIиралъ цо кочIолъ. КIудияб ВатIанияб рагъдаса руссинчIезухъ бухIараб рекIел, гьелдаго цадахъ гьездаса бугеб чIухIиялъул дангъва бихьула «Ана гIагарал рагъде» абураб кочIолъги. ТIехь цIалидал щивас кьела гьелъие къимат. Нух битIаги Загьра КъурамухIамадовалъул къватIибе унеб тIоцебесеб гьаб «РекIел кIутIи» абураб тIехьалъе. РакIалде ккола цIаларазе бокьилин гьаб тIехьилан. |
|
||||||||||
|