![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Агъвали хутIараб хазинаялде
Агъвали хутIараб хазинаялде
Харадуниб вахъун хъвазин цо шигIру. Щар чIван тIаде ккараб кIама нах гIадаб ГIищкъу цIикIкIаралъе цIализин сарин. Себ,эчIидайилан къоялги тIамун ТIурун анна илъиб мицIаб бахIарлъи, Лъалъада, боуда,исудайилан Расги бокьичIого рештIана херлъи. Ялъама хал гьабе,хирияй гьудул, Харилъ тIегь бикъарав дун гъаримасе. БечIатIуб чIетIаялъ микъдай къотIараб Къисматалъ кодоса талихI бахъизе. ГьацIаб гIаздацаги чIегIер бан буго ЧIаго дуца гIишкъу ракьулъ букъидал. МицIаб дуниялги букьуб лъугьана Цогидасул къвалакь къаншун мун чIедал. Икьхъала,хирияй,вокьичIин дунан Доб микIуб замана ракIалдеги щун. Щоларищ ракIалде,кIочон танищ дун? Нилъер къадар хъвалеб къалам бекидал Каранда ругънаца бусен гьабуна. Гьооб-эшуб букIа,роцIцIарал рукIа Дол хIасратал къоял къаникье анна. ИкьанкIале илъиб гьудуллъиялъул Гьороца тIун араб тIогьилаб тIамах? Беса бета дунял бокьухъ сверизе Сапаралъул нухда мун ятизегIан. Воре,гIолохъаби гIайиб гьабуге ГIишкъудул тIогьоде кагъат хъванилан. ЖахIда-хIусудалъул каву рагьуге Каранда бигъараб ургъел бикьунин |
|
||||||||||
|