![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Росаби, къисматалДаим гIаздаца ккураб Падалла мегIералъул
Рорхатал щобал руго щулияб къадруялда. Къисмат гьелъулгун жубан, жанир расалъабазда Лъабго росу букIана кIудияб тарихалул. Гьанже Акнада гьечIо, Ангьида бихьуларо, Янгъизалго хутIелал, хутIараб ГIаша росдал. ГIумру гьаниб чIунтана, росдал кулал лъугьана Кидаяли гьалдолеб гьаниб замана чIана. Буго лъарагI ракьалда лъабго росдал цо росу Акнадайин цIар лъуна цIияб къайисверуда, КъотIичIо гьоркьоб тарих, гIолеб буго цIияб гIел ЦIунулеб буго араб, умумузул ирсилаз. Бухьен къотIулеб гьечIо доб цебесеб ВатIангун Ангъида, Акнада, ГIаша - уна гьенире швезе. Гьайбатаб росу буго, гьитIинабго шагьарлъун - Гьалдолеб буго гIумру ЦIияб Акнадаядда. Огь, хIикматал къисматал магIарул росабазул ГIасрабазул рахсазулъ хаслъи билизе течIел, Тамашалъи, дир гьудул, мугIрузул миллаталъул, Тирулел заманабалъ зобгIадин къадру ккурал. |
|
||||||||||
|