![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Лъималазул тохтур жавгьаратиеУнтарал гьитIичал сагълъизарулей
Сагълъи гIемерлъаги дуйго Жавгьарат. Лъималазул улбул рохизарулей Рохел лъугIугеги дурго рокъоса. Абулеб рагIудалъ магIна гъваридай МагIарул руччабалъ къиматаб жавгьар. ЦIумадисезул яс рак1 лъикай мун нус Мун гIадал гьареги гьарулел ясал. Гьобол гьудуласе гьомер букIкIинчIей ГьитIичал унтани макьу щоларей. ХъахIаб халгIаталъул къимат цIунарай КъанагIатлъун руго мун гIадал жакъа. Гиппократалъул бараб гьаялъе Гьал тIолго тIабибал ритIухъал гьечIо Мун батIияй йиго, мун тIокай йиго Дур намус меседгIан бацIадаб буго. Чантихъ балагьараб чамгIалам заман Дуда гьеб бихьичIо, дуда гьеб хъвачIо. ХъахIаб хIанкъва гIадин лъедон ана мун Дурго ияхIалъул хIорида тIасан. Кьалбал сахаб гъотIол махI гьуинаб тIегь ТIегьаги мун гIадин дур лъабго ясги. Росасда разилъун, лъималаз чIухIун ЧIаго таги жеги мун нусго соналъ. |
|
||||||||||
|