![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
КунчIила хасаб цIваДагъистаналъул культураялъулМустахIикъав хIалтIухъан Каримулагь ГIабдулаевасе. Дунялалда лъалеб дир Унсоколо
Каримулагь дуе ВатIанлъун ккана, Вижараб ракьалъул къадру рехичIев Рехсола мун жеги ансадерица. Дуца клавишазда килщалги тункун Таманал рачана некIсиял бакънал, Бищунго аслияб чилъидул бакъан БацIадго цIунана дуца гIумруялъ. Мун гIаданлъиялъул гохIде вахарав Мун гIадатлъиялъул тIинда лъедарав, Лъала аваразда ансал рокьулев Бакъназул устарлъун мун вукIин гьудул. Раче, раче жеги шавкъги хIасратги Свине биччачIого гIасрудуй бакънал, Наслабаз цIунила дур цIар ракIазулъ РакIал хIайранлъила дур саринаца. Сонал свераниги херлъизе гьечIел ХутIана, хутIила, дур чанги бакъан, Борхалъуда даим кунчIила дур цIар ЦIвабзазулъ паркъела дурги хасаб цIва. |
|
||||||||||
|