![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Каримула ГIабдулаевасеМун дихъе кIутIичIого
ВачIа, вац Каримула, Кидаго рагьун бугин Мун гIадиназе нуцIа. ЦIа ссун умумузулги ХутIун гьечIо гъаситIо, Гъеж цун, аскIор вацалгун Гьудулзаби рукIиналъ. РакI рагьула дур бакънахъ ГIенеккараб мехалда, Дида гьезулъ рагIула РагIа–ракьан гьечIеб шавкъ. Щобазда тIугьдузул махI, ТIокIкIарал иццазул сас, Сагулабаз хъахIлъарал ГодекIабазул гаргар. АхIмад ЦIурмиловасул ЦIумур гIадинал макънал, Майиндур ТIалхIатовас, ТIокIкIун, угьараб гIищкъу Щула гьабуна дуца, Бечед гьабуна дуца, Цогидал рахунареб Борхалъи квегъулаго. Меседил горо гIадин, КунчIана магIарул кечI МагIнагун гIищкъу гьелъулъ Дуца рокьигун лъеялъ, Лъала, Дагъистаналъул, Тарихалъулъ хутIила Хуштадаса ГIабдулал ГIашикъав Каримула. Кивехун вуссаниги Сверун валагьаниги, Гьанже магIарул кочIол Дие кеп букIунаро. Радиойищ биччалеб, Телевизорищ къалеб – Къвакъвадигун чIирчIиди ЧIалгIун буго гIундузда. Бачал гIемерлъун руго, ГIухьбузда малълъарулел, Малъ къосараб замана Зузхун бугилан ккола. КечI бесдаллъулеб буго, Устарзаби дагьлъиялъ, Далалай цIикIкIун буго, ЦIурмил гьаракь чучлъиялъ. ГIарцухъ ахIулел руго КучIдузда релълъарал жал, Жаниса чIорогоял, ЧIанда бицун гьарурал. ГьакIкIан кIалгун, гIадамал ГIенеккун руго гьезухъ, Гьабизе жо тIагIиялъ Цин–цин гIивуги бачун. ЧанцIул гIенеккарав дун, Каримула, дур кучIдухъ, Кинго гIорцIуларо, вац, ГIажаибал макънаца. Мун дихъе кIутIичIого ВачIа бокьараб мехалъ – Вохуца холев гIадин ВукIуна мун вихьидал. |
|
||||||||||
|