![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
АхIмад ГIазизовасде
Кьураби щулияб, мугIрул рорхатаб,
РахIматал рацIцIадаб ЦIумада район ЦIумазул улкаян цIар босиялъе, ЦIар борхатал васаз берич гьабураб. ГьитIинал росабалъ гьунар кIудиял Гьал гIадамал рахъин хIикмалъи гуро. ГIибадат бацIцIадал, гIамал къвакIарал Умумаз куцарал наслулъидал ал. Намусги ияхI гIарцул бакIалда, Нахъе рикъзиялъе тана наслудай, Нур ракьалде балеб моцIроца гIадин, ГIелмудал нуралъул лъуна гьаз нухал. Гьеб кьучIда къед борхун вахунев вугев Гьимерсу росулъа вас рагIичIевищ. БацIцIадаб диналъул дардал кколаго, Дунялалъул гIелму цебе бачунев. СогIаб заманалъул залимлъи бергьун, Бесдаллъун хутIана ПирмухIамадги. Пирилъун речIчIараб доб балагьаб къо Къарабилан ккана АхIмад гьавидал. Къилбаялде вуссун шукруги гьабун, ГьитIинаб лочнода гьабуна убач. Инсул чIухIиялъул чIаголъиялъе ЛъикIав васлъун гIеги гьитIинав АхIмад. |
|
||||||||||
|