![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Кьерхадул сонетМухIамад ГIабдулхабировасеНахъаса къотIичIого, ункъо-щуго къойица
Щенолебго щенолеб буго Крымалда цIад; Кибего нур гьукъарал гьал риххарал накIкIаца КIкIуйдулаб пардав бигъун буго Крымалда тIад. КигIан регьел ракьалъе рахIматлъун бугониги, Бакъухъ урхъун рихьула бахьинал тIугьдул дида. Гьал хьухьарал къояца, кьалъун ракI бугониги, Батула цо пашманлъи гьудулалъул гъурмада. РакIалдедай рачIунел тарихалдасан къоял -Харил кIкIуйдул накIкIги лъун цIадлъун тIухьи чвахулел. Пикрабалъдай рештIунел тIахьаздасан суратал -ТIадцун бакъ бугониги, гьелъул хинлъи щоларел. Гьеб лъаларо. Кьерхаде тамашаго букIуна, Бихьулеб макьугицин магIна гъечIеб букIуна. |
|
||||||||||
|