![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Нижер пикру букIана,
Гьанисан ГIандир ине, ПатIил чохтIо баркараб КочIодаса хIинкъана. Гьединго гIахьвалазул ГIадат рехсон букIиндал, Ццин бахъун ратилилан, Долги гьоркьор риччана. Мажид вихьараб мехалъГьаб сапаралъ нижеда
Щиб-щибниги бихьана, Мажид, вихьараб мехалъ, Бихьанщинаб кIочана. Заводалъул оц гIадав, Цоцалъ лугби тункарав, Цагъур гIадаб мугъалъул Бугъида данде чIвана. Берцинаб хъетиялъул, Хъазил гIадаб рилъадул, Нилъер гIадан гьав гуро, ГIоралъ вачIун ватила. Асул рагIул гьуинлъи, ГIамалалъул хIеренлъи, ХIаршул гирун гьабураб Гургинаб къали буго. КIиябго рахъалдасан Мохрочалабиги ран, НухтIа бачине ккани, КIудияб михир буго. Асда аскIор гIадамал ГIанкIуялилан ккола, ГIодов вукIараб мехалъ КIигоясул бакI ккола. БугIун къазабуниги, Къолониб зар унаро, Узденгалъуб хIатIазул БуртIинкилищ гьунаро. РагIани, гьалмагълъиялъ ГьаричIого теларо, Гьури бахъараб къоялъ Харил гъонотIа лъезе. ТIокIаб жо гьечIониги, Гьале Мажид вихьизе Бухьине бегьулаан Москваялдасан сапар. Бихьараб гIакъубаги, КъватIиб араб заманги, Цо гьасда бер кIутIидал, КIочон тана нижеда. Жакъа сентябралъул Къоло анкьабилелда Къараб нижеца мажлис Москваялъул харбиде. Гьалмагъги Болъихъго тун, Машинаялде вахун, Хазе гьабураб дица, Гьале, ЦIада рештIана. |
|
||||||||||
|