![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Гьанже, нахъ руссунелъул,
Гьакварисан бахъараб Гьакил шагьраялъулги Шикаятал ругоан. Нижги гIедегIун рукIун, ГIемер халат гьабичIо, Хъван цо кагъат бегьана, Гьал рагIаби цIалеян. Гьаквариб шагьраЦIумада подвалалъги
Гьединго баниялъги, Дида бугеб хIал лъани, ХIалтIул бицинароан. Исана дир гIадинан, ГIадада бухараб мугъ Ва халкъалъ баччараб гъин Гъозда гьикъизе лъикIан. Чанги мискинчиясул Кверда пинкьал рахъана, Нахъа рахIат бихьизе Хьулалда гьанив хIалтIун. ХIукуматалъул боцIуй ЦIикIараб расход ккана, Расги пайда гьечIого, ЧIалгIаде гьанибе бан. Балагье: гьал кьураби Кьвагьун минатахъ рарал, БоцIуца хер хIанчIулел ХIаримазде регарал. Рихьулариш дол щобал Щущазе гьарун ругел, Щибго хайир гьечIого, Хурзал чIунтизарурал. Цо халкъалъ гъоркьа тIаде, Цогидаз тIаса гъоркье, ТIолго росай ракIарун КIиго шагьра бахъана. Цоцазде багьарабго, Гьоркьобе кьуроги ккун, Гьабурабщинаб хIалтIи ХIурудахъ ун батана. Нуж гIедегIун ругелъул, КватIизе гьариларо Кидаго дир гьабулеб ГьитIинаб дугIа буго: Гьаб нижер районалъул Лъабабго хIалтIиялъе Лъил батаниги, план Гьесда горбода баги! |
|
||||||||||
|