![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Бадрудинов ГIалиасхIаб хведалАллагьас дуй кьуна гIураб бечелъи,
Мискин-пакъирасе къойил бикьизе. Щвана миллионал щибаб моцIрое, Аллагь разилъизе мажгитал разе. КигIан бикьаниги тIагIинго гьечIеб, Кьун буго хазина дуй БетIергьанас. Дур садакъа-хайрат холеб жо гуро, Киназго рехсола дур сахавалъи. Мажгиталги разе, мадрас гIуцIизе, РукIарал анищал тIолго тIурачIо. Мискин-пакъирасда гурхIаравлъидал, Дудаги гурхIаги хIалкIолев Аллагь. Дуца росулъ бараб мажгит бихьидал, Цо дуца банилан божулел гьечIо. Гордалги рорхатал, канлъиги гIураб, РакI гъун балеб буго гьаниб жаниб как. Цо нижей камичIо рекIел хазина, Исламалъул байрахъ, дир керенцояв. Дагъистаналъего мун камунилан, Киназго бицуна цого кIалдисан. Завалаб гIумрудул гIорхъода хварав, Халикъ разилъаги дур гIамалалда. ХIакъав БетIергьанас битIун ккезавун, Алжан насиблъаги, дир берзул канлъи. Бечелъи кьуниги халкъалъе гIураб, Гьелдаса вохичIев хиридав дир вац. АскIов щив щваниги хъулухъ тIубалев, ТIаса мун аравго бецIлъана биржа. Гьаб тIанчидаги хъван тIубалеб мурад, Дуца нахъ таралъул батичIо дида. Дуца гьабунщинаб кагътида хъвазе, Гьаб дир щакъиялъул къуват гIеладай? Мун хун нахъе тарав лъабавго гьалмагъ, Паж бахъун хадурги гIодулел танин. Цадахъ гIумру арай Халипатилгун Къо-лъикIго гьабичIо гьаглъарав дица. Россиялъул тIолго металл бакIарун Дагъистан гIуцIарав дир гIамал берцин. Аллагьас дуй кьураб бикьулелъулго, Вихьизе кьуравлъи черхалъ бицана. КIудиял щуялго гIодулелги тун, Мун бищун гьитIинав хехго къокъана. ГIагарал-божарал жахIалгоги тун, Мун ватIалъун щвана бакIаб къварилъи. Ракьалда бижараб махлукъаталъе, Хвел парзлъун бугелъул, алхIамдулиллагь. ЗахIмат бугониги, ниж киналниги, Сабруялда чIела Бичасе гIоло. |
|
||||||||||
|