![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Полковник Тупалиев ГIумаридеПосвящается Тупалиеву Умару
Дур цIар лъаларев чи Дагъистаналда,
КъанагIатги гьечIо, бахIарчи ГIумар. КъвакIи, къо хIехьейги, бихьинчилъиги, Дуралда лъилниги бащалъиладай? ЯхI-намус, гIаданлъи чорхолъ бессарав, ХIинкъи-къай лъаларев ЦIумадаса вас. ЦIадухъ хIалтIулезе гIаммаб мацIалъул, КIудиязул адаб-хIурмат цIунарав. ИчIабилеб маялъ гьавуравлъидал, Бергьун гурев ГIумар къунго чIоларев. Экарус автобус террораз ккведал, Хехал тадбираца бакI сверун ккурав. Мун гIадал гьареги эбелалъ васал, ГIадлуги битIарал, гIамал рекъарал. ЛъикIав гIуцIарухъан, жив магIарулав, КIочене рес гьечIо районцоязда. Закониял гурел яргъид гIуцIарал, Гъачагъазде данде рухI кьун къеркьарав. ВатIаналда цебе хъулухъги тIубан, Ункъго даражалъул орден босарав. Десант аскаралда хъулухъги гьабун, Лъабго даражалъул медал босарав. Инсул мисал босун чорхолъ ияхIгун, Хасавюрт цIунарав мугIрул къвекIаб цIум. Дагъистаналъулги ЦIумадиселги, РитIухълъи бокьарал духъан рохарал. Полковникасул чин дуда баркулев, Эчеда росулъа херав мугIалим. Дица дуй гьарула щулияб сахлъи, ЦIалулъ бергьелъиял, хIалтIулъ битIккеял. Умумузул гьобол, исламалъул вац, Мун ракIалдеги щун хъвараб дир шигIру. |
|
||||||||||
|