![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
МугIрул шагIирасул шакъи гIеладайМугIрул шагIирасул шакъи гIеладай
Шамил имамасул рокьул бицине? Рорхатал мугIрузда тIугьдул гIеладай, Чидар миллаталъул ясалъе кьезе? Жегиги квер хъвачIел чIегIерал бераз, Мун тIаса вищана магIарул имам. Эбелалъ гурони баичIел кIутIби, Дуе мукIурлъана армениялъул. –ШугIайнат, а рокъой эбел инсухъе, Нилъер дин 6атIияб, миллат батIияб. Дица дуй эркенлъи сайгъат гьабула: Дур берцинлъиялъухъ, чалухълъиялъухъ, Чергесал лугбазул недегьлъиялъухъ, Надалда моцI гIадал тIерен кьунсрузухъ, БагIар гIеч гIадинаб дур гIанабазухъ, ГIадан инсанасул гIакълу босулеб, Берцинлъи цIикIараб дур лагаялъухъ. –Дий дин хIажат гьечIо, хирияв имам, Духъ ккараб рокьиялъ йиго юхIулей. Эркенлъи кIваричIо хIасратав гьудул Дуца къвал жемараб сагIат бачIани. Хвалчада ругьунал залимал квераз, Кодоеги ячун чуче дир рокьи. МугIрул тIалъиялда тIавап гьабурав, Гьабе дида тIавап карандеги къан. Эбел–эмен тела, миллат хисила, Хирияв имамас асир гьаюни. Дур аварагасе дун мукIурлъила, Берцинал беразда убач гьабуни. Дур Аллагь восила, бусурманлъила, РекIей къабулав мун къвал бан вегани. Къойил мунги рехсон лайла бачина БухIулеб дир рекIей дару гьабуни. Дур гъазаваталъухъ рухI кьун ягъила Гьаб дир балаялъул цIа свинабуни, Гьал дур кьурабазе лагълъи гьабила, Гьелчолеб дир рокьуй къимат кьунани. Армян–князасул гьундул хисила, Хирияб дир лочнол АхIулгохIалъухъ, ХIулидал бусада сардал тIамуралъ, ТIаса бищилаан дур харил бусен. Инсул бечелъиги дир гIагарлъиги, ЗахIмат бугониги рокьухъ хисила. Хирияв дир имам гьарула дуда, Рокьул цIа рекIарай гьае дун хвасар. ГIурус пачаясул аскар гъурарас, Гъалал меседилай аскIой ячана. Аргъутинскиясде данде вагъарас, Рокьул асиралъе къулана бетIер. ТIолго дунялалда цIар тIибитIарас, Миллат батIиялде убач гьабуна. Къоло щуго соналъ ярагъ борчарас Балаялъ юхIулей хвасар гьаюна. |
|
||||||||||
|