Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Назад

Хъуштадерил цIваби

Дида хъуштадерил зобалазда тIад
Къого цIва бихьула щибаб сордоялъ.
Сонал рахъанагIан цIвабзазул рикIкIен,
ЦIикIкIун гуронани, дагьлъулеб гьечIо.
Бищун кIудияб цIва - «ГьичIав» Мусалав,
ГIараб гIелмуялъул цIар арав гIалим.
ГIелму бакIарарал дур гьел тIахьазул
Дагъистан урхъараб библиотека.
КунчIараб цоги цIва - мун, Салмидибир,
Багвалазул наиб, Шамилил чIухIи,
Шагьидлъун хвана мун Буртунаялда
Динул Исламалъул байрахъалда гьоркь.
РекIелъ къвакIи бугев, намус-яхI бугев,
ГIадлу-гIадат лъалев, гIараб цIаларав,
Тушдадерил наиб, хъуштадерил цIва -
Закариял ХIажи, рагъул багьадур.
КIванада дибирлъун гъов ГIалидибир,
ГIелму-лъай цIикIкIарав, цIар тIибитIарав,
ТIолго гIадамазе гIадлу бащадав,
ГIалимзабазда гьорлъ маржан гIадинав.
ПирмухIамадхIажи - диналъул устар,
Сайид ГIободияс маъзумлъун тарав.
Аллагьасе хIелун, авараг рехсон,
ГIумру жиндир арав Халикъасул лагъ.
ПирмухIамадил вас ва гьесул маъзум
ГIелмуялъул байрахъ хирияв ХIусен,
ХIоцоса Нажмудин жинда мукIурав
ТIадмагIарулаца хIурмат гьабурав.
Гьесул вас ва маъзум ГIабдуладибир,
Динул Исламалъухъ гIумру бичарав.
НКВДялъул мацIихъабакьа
Вахчаралъув хвана гIалхун нохъода.
Лъабго кунчIараб цIва цо тухумалъул,
Лъабго гвангъараб цIва цо кьибилалда.
Жидер заманалда тIадмагIарулаз
Муридлъи гьабуна гьав лъабасего.
ЦIиял гIолохъаби -гьезул ирсилал
Аллагьасе гIоло гIелму цIаларал,
СайидхIусен дибир - ПирмухIамал вас,
СайидхIусен-хIажи - ГIабдулагьил вас.
РекIехъ Къуръан лъалев ГерейхIажияв,
ХIасратаб дур калам рагIизе анищ.
ГIараб гIелму цIалун гIорцIараб дур черх
Нижгун данде чIваги ахираталда.
Ручиязул маъзум - ГьазунхIажияв
Бурав мегIералда хабалъ вукъарав.
Шапи-хIажи устар - диналъул хIуби,
ТIарикъаталъул тIехь ургъун бахъарав.
Аллагьасе хIелун мугIрул тирарав,
Таманаб балъголъи рекIелъ цIунарав,
Кашфу-караматалъ кодов восарав
Вохизаве, Аллагь, ГIалихIажияв.
ЛъебергогIан соналъ нижер росдае
Дибирлъи гьабурав Мусал Сайпулагь,
«ЧIахъа КПСС» - ан ахIулел соназ
Мажгиталъуб вагIза камизе течТев.
ТIолго районалда мажгитал къайдал
Гьеб цIунизе кIварав Шарапдин-вали.
Росдал гIолохъаби институтазда,
Мун, МухIамасайид, гIараб цIалулев.
Гьаб Дагьистаналда гIелму балагьун
Росу батиларо дур хIетIе чIечIеб.
Бокьаразда лъалел лъай жидер бугел,
ГIараб гIелму цIалун цIар тIибитIарал
Муъмин Гъазиясул МухIамадсайид,
Загъал ГIабдулагьил МухIамад-хIажи.
Москва шагьаралъул институталда
ГIелмабазул доктор. ГIабдуразакъов,
Духъ унтун рачIарал тIадмагIарулал
Сахлъун тIад руссуна Дагьистаналде.
Россиялъул чIухIи - АсхIабов АсхIаб,
Академикасул цIар жиндий щварав.
ТIолго дунялалда физикаялъул
Теория рагьун жив машгьурлъарав.
Рукьбузул, ругъназул больницаялъе
БетIерлъи гьабулевмашгьурав тохтур,
МухIамад ГIумаров - гьел дур кверзукьан
Чан нус-нус чи арав сахлъизе гьавун?
МухIамад ГIалиев, нижер тамада,
Ингилис мацIалъул цIар арав гIалим,
Чан соналъ гьабураб дуца деканлъи
Доб чияр мацIазул факультеталъе?
Гъазиясул Рашид - меседил кверал,
Унтаразул анищ, сахазул рохел,
Гьаб Дагъистаналда гьечIо росаби
Дуца «ругъун» лъечIел гIадамал гьечIел.
ХIажил Каримуллагь, кин бугеб дур иш
Дур гIараб мацIалъул кафедраялда?
ГIолохъанав доцент, дур цIалдохъаби
ЩвечIеб бокIон бугищ Дагъистаналда?
Вечедов Давудбег, дир росуцояв,
Гьудуллъи бокьулев, гьалбал хирияв,
Доб Избербашалъул педколледжалъе
Чан соналъ гьабураб дуца бетIерлъи?
Бице, Каримуллагь, ГIабдулагьил вас,
Дур бакънал рахинчIеб борхалъи бугищ?
Дур накъираялъул къир-къир рагIичIеб
Росу хутIун бугищ магIарулазул?
ГIелмабазул доктор ХIажил ХIажияв,
ХIасил лъикIаб буго дур хIалтIиялъул.
Технологиягун экономика
ГIолилазда малъи - гьеб гурищ талихI?
МагIарулав Давуд, дур заманалда
Дудаса бергьарав бахIарчи кканищ?
Дур гугариялъул бергьенлъабазул
Биценал хутIана хадур ругезе.
РикIкIад Сиднеялда Олимпиялда
Бергьенлъи босарав багьадур Сайгид,
Чан батIияб медаль чемпионасул
Дур каранда бараб, нижер бахIарчи?
Нуж - гьитIинаб росдал кIудиял цIваби,
Нилъер гIун бачIунеб гIелалъе мисал,
Нижер история, нижер яхI-намус,
ХIалихьатазе нич, бахIарзазе цIар.
Нуж - нижер бечелъи, нижер хазина,
Харабазе рохел, росдае чIухIи.
Назад


© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.