Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Кьурабалъ харулев, гIорал квегъулев

Х. ЗАЛИМХАНОВА "ХIакъикъат"

Дагьаб цебегIан тIубана ТIадгьаквари росулъа СаидахIмад ЯхIяевасул гIумрудул анищгьесие щвана жидецаго гIуцIараб туризмаялъул комитеталъул алпIинист гьев вукIиналъе нугIлъи гьабулеб ва альпинистасул ишазулъ кисакибего гьесие Мурччинаб чирахъ баккараб бугин изну кьолеб книжкагун каранда балеб гIаламат. Гьев ккола нилъер районалдаса тIоцевесев альпинист. Щив чиха кколев СаидахIмад? РакIчIун абизе кIола гьев лъалел гIадамал гIемер ратйларйн районалдаян


Пемеразда рихьун рукIун ратила бакIбакIазда седарал кагътал тIад гьадинав пуланав чи пуланаб къоялъ сасикьдерил лъарахъан вахъарав Агъвали базаралде щвезеМан жинцаго гьабураб гьитIинабго расаялда рекIун, ПандиМоралдаса вачIине вугин, бокьарал балагьизе рачIине бегьулин абун тIад хъварал. Гьел кагъталги цIалун, цIараб къоялъ ТIадгьаквари росдап администрациялъул бетIер М.СагIидовги хадув вачIун сасикьдерил лъарахъе жиндирго план рагIалде бахъинабизе унев СаидахIмадил рахъ кколезул къокъагун цадахъ унаго ккана дирги гьесулгун лъайхъвай ЦIумадагIурухъ росулъ. Щай гьениб? Щайгурелъул, цI ад балеб къоги букIун (исана риидалил щибаб кIиабилеб къоги гьединаб букIана) рес рекъечIо планалда букIухъе, сасикьдерил лъарахъе инехIинкъи букIана нухал хвеялдаги, гьалагаб гIор кIодолъун бачIиналдаги. СаидахI мадида цадахъ рачIарал рахъкколезул къокъаялъ гьев гьединаб ( гIумруялъе хIинкъи цIикIкIараб пишаялде гьуриги цI адги рекъараб къоялъ данде кколарилан ЦIумадагIурухъан эхеде виччачIо ва гьес хIалбихьана гьенисан вехе вачIине. (Гьелде щвезегIанги гьавабакъ рекъечIолъиялъ гьеб иш нахьтIамун букIана). Абизе ккола, гьеб лахIзаталъ Мадамазул букIараб рекIел хIалуцин цебечIезабизе дихъан бажаризе гьечIилан. Жив хвезе унев вукIинги лъалаго кьалде унев солдатасулцин бигьалъизе букIун батила ургъел, щай сундуе Моло гьев унев вугеблъи лъалеб бугелъул. Досги цогидасги цIунизе ккеларищха рекъел. Амма бичIчIулеб букIинчIо сундуе гIоло СаидахI мадица гьединаб гали тIамулеб букIарабали, гьес гIор квегъаниги квегъичIониги батIаго ургъел бугев чиги вукIун ватиларо ва гьелъ кьезе лъикIлъиги лъиего букIун батиларо.

Пикруцин гьабуна гьав чиясул "киналго рокъор ратиларин", гьединап "гIантал", дир пикруялда, пишабазде машгъулав ватаниян. Амма цо Аллагьасул талихIалъго,(нижее, балагьаразе, гьедин букIаниги, гьесие букIинищха гьеб гьедин) гьесул "раса" гьалагаб ПандигIоралъул карачелабаз бегизабуна ва цебехун бачун ана цо анцI гоанцIила щуго метраялъ вехе вачарав гьевги тIаса рехун. Гьеб лахIзаталъ гьениб киназулго цадахъ бахъараб хIинкъараб асаралъул бакIаб хIухьелалъул асар цебечIезабизеги захIмат букIине батиларин ккола. Чаналиго цIулал хъарщиги щула гьабун гьелда тIад бухьараб кIиго резнал гьакибералда гIоралъул "бер гIорцIичIеб" къагIидаха.

Нилъер мугIрузул ракьанлъабазда ругел "чIухIарал" гьалагал ГIорал, гьелъул шартIазда рекъон кколел русбигун къайикъоно букIани, цогидал гIоразде дандеккун, гьединал ишазе санаМалъаби цIикIкIарап руго, амма пайда щибха,ян абуна гIурулъа къватI иве вачIарав СаидахIмадица. Амма дунги къун чIеларевха,ян тIадеги жубана ва, кигIан цадахъ рукIараз гьараниги, Зубаирил колодасан вехегIаги инчIого жив чIоларилан вахъана. Рес щиб, виччанаха кIиабизеги, жинца цебе лъураб масъала тIубачIого чIолареб гIамал хасияталъул чи вукIинги бихьун. Гьаб нухалъ, абизе ккола, рагIаракьанде щун гьечIониги, гьесул мурадтIубанилан.

Дур мурадги тIубана, гьанжегIаги регIилев ватилин хабаркIалалъе, ян ана аскIое ва гьикъана щай дуе гьединал "хIаял", кидаялдаса нахъе машгъуллъарав, сунца тIамурав гьелде - ян.

Жеги 1971 соналъгодун вахун вукIана росдадатIадбитIун бугеб АнчилмуцIцI абулеб мугI рул тI огьиве гьениб сордо базе нигатгун ва абизе бегьула гьеб план тIубанилан. Гьелъул тIогьиса валагьарав дида бихьана нижер росу дельтапланеризм цебетIеялъе санагIатал шартIал ругеб букIин. Падаллосул ШугIелмегIер квегъизе хIалбихьана 1993 соналъ, амма битI ккечIо. Гьеб анищ тIубазе хIажалъана 89 сон. Ва гьале, ахирги, араб соналъул июль моцIалъ тIубана дир анищ. Дун вахана гьелъул тIогьиве, рахъана суратал, гьеб батана бигьаяб гуреб ишлъунбацI цI адаб кислород цI икI кIун бугеб гьаваялъ хвезарулел рукIана негативал, цIезабуна гьениб батараб хинлъицIорй борцунеб ва цогидалги хъвайхъвагIаял гьарулеб кагъат. Гьеб мехалъ божана республикаялъул туризмаялъул комитеталъул нухмалъулел дун гьениве ваханилан. Гьеб ккола республикаялъул рорхатал мугI рузул цояб.

Гьелдаса нахъе СаидахI мадица квегъун руго Шалбуздаг, Ижана ва Иродагъ мугI рузул тIогьал. РакI ал да букIун буго Базардюзи квегъизеги, амматIогьидул раМалде щведал абуниги бегьуледухъ вахиндал, аскарияз нахъе ахIун вуго гьеб пачалихъияб гIорхъода бугеб борхалъи бугиланги абун.

Гьеб сапар дида киданиги кIоченароян байбихьана гьес. Къуруш росулъ бугеб Морхъаби цIунулезул заставаялде ине кколин абуна дида гьенир ратараз, гурони мун гьениве вахине виччаларо альпинистасул книжкаялъул халшалги гьабун, киналго баяналги лъазарун, кинабго битIабишун ккедал абуна цадахъ МЧСалъул спасателал гьечIого вахине бегьуларилан. МЧСалдасаги разилъиялъул кагъатги кьун ахиркъадги нуха вахъине изну щварав дица цI идасан сапар бухьана гIорхъоде. Аскариязда киналго кагъталги рихьизарун изну щварав дун тIаде вахунаго, цокилометр Манасеб манзил тIаде вахизе хутIидал нахъ вуссинавуна, вуссинчIони кьвагьизе бугилан хIинкъабиги кьуна. Пайда щибха, вуссине ккана. Гьеб гуребги, тIад "делоги" гьабуна. Иргадулав жасус ккунин жидецаян ккезе гьабураб хIалтIи батила гьеб. Амма дие 6итIун ккана Шалбуздагалъул рагьулебкъалебилан рикIкIунеб Эренлер борхалъи квегъулаго. Гьеб буго бусурбабаз зиярат гьабулеб бакI. Биценазда рекъон, гьеб кьуру рагIула къалеб рагьулеб. Дидаго гьелъул хIалкIолъи бихьичIо. Гьеб рагьараб мехалъ жанире арал гIадамал чангиял къан хутIулел рагIула, чангиял рорчIулел рагIула къватIире. Къан хутIарал мунагьаздаса рацIцIалъидал рагьунги бачIун риччалел руго къватI ире. Лъаларо гьеб уябищ яги биценищ, амма дун ворчIанаха гьенисан къватI иве. Халкъги гIемераб буго гьенибе хьвадулеб.

ЯхIяевасул нигат буго Кавказалъул бищун борхатаб тIогьиве вахинеги, гьелъие дагьамакъабгIаги материалияб рахъалъ квербакъулев чи данде ккани. Эркенаб заманаги, черхалда къуватги букIадго ракIалда бугелъубе сапарал рухьине кколаян таваккалалда вуго гьев. Буго цоги гьесул анищ бугеб жодоб тIадехун абухъе, дельтапланеризмалъе ярагьунеб жиндирго росдада тIасан дельтапланалдаги рекIун цо свери бахъизе. Хъулухъ гьабизе армиялда гьев ккун вуго ВДВялде ва десантниклъун вукIиналъ гьеб рахъги лъикI лъалилан рикIкIунеб буго. Гьес хьул лъолеб буго боржунеб ва лъедолеб "машинаби" росизе жиндие матер лияб кумек гьабулев чиги дандчIвазе бегьулилан. ГьабсагIат сундул жинда хьолбохъ эхета росдал администрациялъул М.СагIидовасул собраниялде росулъа депутат М.Сулеймановасе, гьединго ГI.А.ХIайбулаевасе, П .ХI .МухIамадовасе, С.Халимхоевалъе, М. МуртазагIалиевасе, Хъвайни росулъа С.ХIажимурадовасе, районалъул туризмаялъулгун гIолилазул ишазул комитеталъул председатель М. ГIисаевасе ракIракIалъулаб баркала кьолеб буго СаидахI мадица.

Россиялда яшав гьабун вукIаравани, дие ресал ратизе бигьа букIине букIун батила дирго пикраби, планал рагIалде рахъинаризе. Амма рокъосан санаМалъи рекъечIого (унтарай эбелалда аскIов чи гьечIолъиялъ), росулъе тIад вуссине ккана. Колхозал ругеб мехалъгIаги хIалтIи камунги хуПулароан, гьанжейин абуни, эркенаб замана цIикIкIун кколеб буго ГьечIросулъгицочIараб хIалтIи, цохI и рукьалъул магIишат ГIуцIи гурони.

Гьелъ ракIбакъван вукIуна Пададаунеб гIумруги бугин, пайдаял ишал гьаризеги рес рекъолеб гьечIилан. Нилъер мугI рулги лъаралги лъазари цоцоязда гьадингосеб жойилан кканиги, дир пикруялда, гIезегIан пайда бугеб иш буго. Нилъеца жаниб гIумру гьабулеб, нилъееги гIахьалаб тIабигIат кколелъул гьелги.

ГьабсагIат ругел планазул хабар ккедал, СаидахIмадица баян гьабуна Кавказалъул бищун борхатаблъун кколеб Эльбрусалде вахине нигат бугилан. Аллагьас гьеб анищ тIубазе хъван батаги СаидахI мадил, гьанже унгоунгояв альпинистлъунги вахъиндал гьелъие квалквал гьабулеб жо букI ине батиларо.

Нух битIаги, мугIрузул рорхалъабиги гIораллъаразул гъварилъабиги рорцунев ЯхIяев.



© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.