![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГIагараб Дагъистан, мугIрузул улка,
ЦIумазул цIар араб дир гIагараб ракь. Дор борхалъудасан цере тIамула Кьурабалъ сокIкIарал мугIрул росаби. ЦIудул сурат тIад бугеб Дур гербалъул берцинлъи. РоцIараб зодоб лъедон МугIрузе хинлъи кьолеб Дур бакъалъул гьайбатлъи. Жиндир магIнаялда кьераз белъараб, Байрахъ бихьуларищ парпалеб бугеб? Гьелъ гьогьен гьабула бухIи тIад щвани, Гьелъ нухги малъула, къо тIаде ккани. ГIурччинаб дур кьералъ дин баянлъула, Эркенлъи, бацIцIалъи – дур хъахIилаб мухъ. Мун бидулъе белъи, захIматалъ кIвекIи Дур багIараб кьералъ загьир гьабула. |
|
||||||||||
|