![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир махI берцинаб тIегь, мун тIегьаларо
Щобазда щущалеб гьогьомаб гьури,
Салам босун щвечIищ чIегIер ракьулъе? Зодисан речIчIулеб багIарбакъул чIор, Дир хIал бицун хабалъ рещтIинаребищ? Рии бачIун тIалъи тIегьан аниги, ТIерхьун араб дир бакъ тIад буссинаро. ЦIер биун мугIрул кIкIал гIодананиги, ШагьримоцI щобазда гиризе гьечIо. Мунгун рарал къоял, моцIалгун санал, Ссунареб канлъилъун тIамула цебе. Рохел, ургъел бикьун рорчIарал сардал, Сверуларо тIокIал дир берзукь гьанже. ТIогьол махI бахъиндал най гьелда чIола, Дир махI берцинаб тIегь, мун тIегьаларо. ХIанчIаз бусен лъола их бачIарабго, Гьаракь берцинаб хIинчI, мун ахIделаро. НакIкIаз щоб батула тIупун угьдизе, Дун дур зонохъ чIола цIакъ пашманлъидал. Зобаз цIад кколаро дунял роччани, Дир магIил гаразул цIад хъизаналъе. Дуралда релълъараб лага-черхалъул, Чи вихьун хIехьезе дида кIоларо. ГIамал-хасиятги, хьвади-рилълъинги Дуралда релълъараб лъилго батичIо. Гьадин гуреб щвечIеб гьайбатаб дунял, Гьардарав БетIергьан, цIакъ рази йиго. БитIун гIужилъ тIураб тIогьолаб гIумру, ТIокIай угьдиларо, алхIамдулиллагь. Къуръан-хIадисалда рорчIарал сардал, Хвалил кIичIикь ккедал хьолбохъ ратичIищ? ШаргIалъул нух цIунун сверарал нухал, ХIисаб-суалалъе жаваблъун гIечIищ? |
|
||||||||||
|