![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир рогьалил цIва(Рос хвараб мехалъ хъварал рагIаби)
Мун – дир рогьалил цIва, цIураб шагьримоцI,
ЦIа каранда бакун тIагIана гурищ. Мун – дир къисматалъул гучаб карачел, Ралъад багъарунищ тIиналде ккараб? БецIаб сардилъ яхъун хъахIилаб зодоб, Дица мун цIехола, дир рогьалил цIва. ХъахIлъи балеб гIужалъ къилбаде юссун, Дица мун цIехола, дир рогьалил цIва. БецIаб сордоялъги дий жаваб кьола, Дир хъахIилаб зодоб дур цIва гьечIилан. Къилба загьир гьабун хъахIлъи щурула, Доб дур рогьалил цIва дунял тун анин. Киб мун балагьилеб, дир рогьалил цIва, Керен-ракIги унтун дун холей йигин. Кибдай мун рещтIараб, дир рогьалил цIва, Кинабго дир чорхол хIал хисун бугин. |
|
||||||||||
|