![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Янгъизал руччабаздеГьал сонал гIемер ран хъахIлъарал гуро,
Хъергъу боржун индал хъахIлъарал руго. Гьал яшав тох букIун загIиплъун гуро, ЗахIмалъаби рихьун букIкIана гьумер. Ургъалил рукъалъул ункъабго къедги, Къонолъун тIад чIвана гIанчIал нужеда. ГIаламго гвангъарал бакъул чIоразги Нужей нур къотIана, гьудул гьечIелъул. Нижеца нужее бетIер къулула, Къадру цIунун чIарал янгъизал улбул. Нижеца нужее бетIер къулула, Нужер къвакIиялъухъ, къо хIехьеялъухъ. |
|
||||||||||
|