![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Идараб шагьарБисмиллагьи ррахIмани ррахIим.Нилъго рижараб бакI – сверун алжан, бакьулъ хIеж. Рорхатал мугIруца жаниб бачараб, Гьава–бакъ рекъараб, Идараб шагьар. Жакъа дур жамагIат данделъун буго, Дур тарих хIурматго кIодо гьабизе. ВатIан хириясул хвел букIунаро – ИнчIо къо чучараб духъ ккараб рокьул, ВатIан гъечIев инсан чед гьечIеб таргьа – ГьечIо мун кидаго рекIелъа кIочон. Дир мугIрузул улка – Дагъистаналда, Мун гIадаб ракь гьечIо бижун Бичас Дур мугIрул тIогьисан баккун бачIула, Гьенисанго тIерхьун унеб багIар бакъ. ТIабигIат берцинаб тIадмагIарул ракь, Берцинаб буго дур халкъалъул гIамал. Эркенлъи хирияб чIухIаб мугIрул бис, ЧIухIула дудаса, хиридаб росу. Гьобол – гьудулзаби дуе рокьула, РекIел сабру бергьун, ццин нахъе чIвала. ГIадамазда гьоркьоб къадруги цIунун, Хьвади берцинаб кьун буго дуени. Дур тарихалъ тана гIадатаб нахъа, Амма мун жегиги буго бахIарго. Замана банагIан борхун бачIана, КъуличIо дур бетIер Бичасе гуреб. РикIкIадаб сапаралъ къватIиса вуссун‚ Бер тIоцебе дуда кIутIулеб сверда. Салам дуе кьола ракI–ракIалъ урхъун, Урхъи буссунарев дур багьадурас. Найил тIулби гIадал дур авалазда, Йокьулей ясалда берчIвайдал гIадин. ДандчIвазе дир бугеб чорхол хIасраталъ, ТIеркIезе лъугьуна гьинал ракI боххун. Салам кьун, вахъун чIун росдал хабалалъ, Эхетула чорхолъ гъар–гъар балаго. Хириял умумул – росдал бахIарзал, ГурхIаги бетIергьан, кьеги алжан рукъ! Дарманалъе щварав тохта киниги Дур хIухьел цIаялъухъ гIенеккула дун Къолол–зурмил гьаракь – росулъ ихтилат, Росулъ гIодариччай – кверкьей тIохазда. ГодекIабахъе щун, хараби ратун, Гьикъа – бакъи гьабун, хIал – хIукму цIехон, Жувала лъел къатIра гIурулъе гIадин, ВатIалъун ккарав дун, дур гIумрудулъе. Харабаз бицула ара – таралъул, КIочонаро гьезда жодор умумул. Кьола, гIолилазе наслудалъего, Росдай кьучI лъуразул рагIараб хабар. |
|
||||||||||
|