![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГIиса экраналда кин ваккуларевДир гьудул ГIиса Ибрагьимовасе сайгъат гьабула.Аваразул ракIал гIатIид гьарурав, ГIисинал-чIахIиял гIашикъ гьарурав, Цогидал милатаз тIадгIан гьавурав, ГIиса экраналда кин ваккуларев. «Сабаб» группаялъе бетIерлъи гьабун, Аваразул рекIелъ жанив ваккарав. ТIоцересел бакIал лъихъего кьечIеб, ГIиса экраналда кин ваккуларев. Халкъазда гьоркьосел хал гьабиязда, ТIолго россиялъул конкурсаздеги, Инструменталияв атаманасе, Лъицадай квал-квалал гьарулел ругел. Героязул рахъалъ кучIдул ахIулев, Конкурсал гIуцIулел комитетазги, ТIадегIан гьавурав лауретасе, Лъицадай квал-квалал гьарулел ругел. Турциялде арал Дагъистаниял, ГIорхъи тун нахъ ругел дир магIарулал, ГIалазан бахарал дир милат цоял, ГIиса дур гьаркьихъе гIашикълъун руго. Авараз, даргияз, лаказ, лезгияз, ТIадегIан гьарула жодор милатал, Щай мун магIарулаз тIадгIан гьавичIев Аваристаналъул «Майкл Джексон». Мун берцин гьавуна Дагъистанияз, КочIохъабаца дур къимат гьабула. Композиторазе мун цIакъ вокьула, Дагьавги вокьула СалихIатие. Сцена рехизе бизнес босизе, Лъица мун тIамурав тIадмагIарулав. МустахIикъав артист Дагъистаналъул, Кьезе заман дуе цебего щвана. |
|
||||||||||
|