![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ХутIила мун чIаго магIарулазеКъурамухIамадил ХIажимухIамадиде
ГIодуге, гIодуге тIиндерил васал,
ГIоди бихьиназе рекъараб гьечIин. Угьдун пайда гьечIо ургьиб гьинал ракI, Багьадураб цIудул роржен къотIанин. Мажгиталъул кIалтIа тIолабго шагьар, Мун гьеб ахирисеб нухде регIулеб, Дуе нух кколелъул аскIор рукIинчIел, Кумек нижер щвечIев мун тIаса лъугьа. ЧIегIер бай бахъизе къисматалъ течIей, Заниялда хурхе мун, дир цинагIал, Бидуласул квераз ракьалда лъурав, Росасул жаназа хабалъ лъелелде. Вуссунареб сапар бухьанин васас, Сабру кьеги нужей гIага–божарал, Сварабин доб чирахъ нилъей къалъараб, Къадар Аллагьасул гьедин батила. Щибилеб, магIу тIун хадуб гIодилеб, ГIагарлъи адин тун ана полковник, БахIарчи холарин халкъалъул аби – ХутIила мун чIаго магIарулазе. |
|
||||||||||
|