![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир мугIрулКакие чурарал муъминал гIадин,
МугIрул рихьула дий цIадаца чурун. Мажгиталъ как балеб жамагIат гIадин, ГIагарал, къилбаде руго гьел руссун. Эбелалъ жиндирго лъимер киниги, Каранде бачараб дир инсул росу. МугIрул тIогьиб чIвараб хъахIаб шалалда, Шагьаралда йигей дун йиго урхъун. ГIедерго чваххулел мугIрузул лъарал, Лъала дида руго дур бидурихьал. ГьитIинго хьвадарал гьал сухъмахъалги, Сордойилго руго макьилъ рихьулел. Ицухъе рачунел ругьунал нухал, Рогьалилъ гIеретIгун лъадай уней дун. Ва гIертIида щолеб чIимхил гьаркьица, Чан макьидасан дун йорчIизаюлей. |
|
||||||||||
|