![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ТIубачIеб анищ
ГIодоб гIадраялъул гIурчинлъиялъги,
Чилчилун чвахулеб мугIрул лъаралъги. Лъарал рагIаллъуда тIогьилал тIугьдуз, ТIурачIел анищал щай цере чIолел. Лъарахъе къулараб янгъизаб гъветIалъ, Гъарин дир каранда цIа кин бакулеб. Дир гьудул ячарав тIад магIарулав, Мун щай жакъа дида ракIалде шварав. Дида ралагьичIел чIегIерал берал, Беролел щай цере иццал гIадинан. Хирияйин дида шуричIеб рагIи, РагIулеб кинандай жеги пикрабалъ. Дие мун ёкьулин, къвал бан баичIев, БетIун тIогьол квацIи цингIаги кьечIев, Рокьул завалалда, данд чIвазе швечIев, Щай хьулалъ хутIарав, хиялалъ карав. |
|
||||||||||
|