![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
СагIтил хъаравул
Гьаругьин сверулеб сагIтил хъаравул,
Сардил сасараб гIуж, гIодой йикIун дун. КIоларо кьижизе, щоларо макьу, Кьал ахIун арав мун толаро кIочон. Дир нуцIида гьури буго багъулеб, БотIролъ жаниб буго пикру жендолеб. Гьале мун тIад вуссун вачIунев вугин, Ва тIасса лъугьайин гьарулеб бугин. Дир рекIел кIутIилъун буго кIетIолеб, Къеда бараб сагIат, дур дие сайгъат. Секундал, минутал ва ана сордо, Сардил макьица дир бер данде къачIо. Сонгицин тIегьарал гьал рокьул тIугьдул, РечIарал щайзедай гьел гьанжеялде. Сонгицин кIиялго цадахъ рукIарал, РатIалъарал киндай нилъ жакъаялде. Сабруялдаса цим цебегIан ккун дай, Каранлъ рокьи чIвалеб щакдариялъдай. |
|
||||||||||
|